Зул ХIижа 1445 с.
№12. (2024-06-15)

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб»

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб» абураб девизалда гъоркь, ЧIикIаб росулъ тIобитIана «Имамасда хадуб 40 рогьалил как» абураб...

Лъимал рази гьаруна

Лъимал цIуниялъул къоялда бан, «Инсан» фондалъул Хьаргаби районалда бугеб филиалалъ тIобитIана акция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 27...

Къуръан цIали лъугIи

Унсоколо росдал бакIалъулаб мадрасалда мутагIилзабаз Къуръан цIали лъугIиялда бан тIобитIана мажлис. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул...

ГIали асхIабасул васият

  Мун вукIунге: – ГIамал гьабичIого ахираталде хьул лъураздасан. – Хьулги халат букIаго тавбуялде хьул бугездаса. –...

Къурбаналъул гIид

Ассаламу гIалайкум ва рахIматулагьи ва баракатугь. Аллагьасул рахIмат рещтIаги нужеда, хIурматиял диналъул вацал ва яцал!   Бокьун буго нужер...

ЛъикIав бегавул

Казбек районалъул Ленинаул росулъ гIумру гьабун руго магIарулал, гIавухъал, даргиял, лакал ва цогидалги миллатазул вакилзаби.   Гьединаб...

Аварагасул ﷺ кIалъай

Авараг ﷺ кIалъалев вукIана бицунеб жо инсанасда бичIчIулеб хIалалда.  Жакъа цо-цоязе бокьула гIакъилаб каламалдалъун, гъваридаб пикруялдалъун...

Аллагьасул ﷻ гьалбал

Пуланаб къоялъ асхIабзабигун гIодовчIун Авараг ﷺ вукIаго, гьениве вачIана цо чи ва Аварагасда ﷺ цIехана исламалъул, иманалъул ва ихIсаналъул...

ГIей гьечIо

НигIматазухъ БетIергьанасе ﷻ щукру гьаби буго кигIан гьабуниги, бицаниги, малъаниги рагIалде бахъунареб, бахъунги лъугIи гьечIеб жо. Щайин абуни,...

Росдал чIухIи

ХIасан ХIилми ккола Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъа.  ГьитIинго цIалана Къуръан, гьеб рекIехъе лъазабизелъун хьвадана батIи-батIиял...

ГурхIел гьабе, Аллагь ﷻ

Берцинго баккулеб рогьелгун цадахъ, Ассалам гIалайкум, диналъул яц-вац. Щобиде рехулеб хъахIлъигун цадахъ, Рахъа Аллагьасе сужда...

Дунял

Жакъа инсанасе рахIат босизе бокьарал нигIматал кьун руго Аллагьас ﷻ. Абизе бегьула, жакъа гIадин гьарзаго нигIматал киданиги рукIинчIин абунги....

Гьарараб кьолеб къо

ЗулхIижаялъул ичIабилеб ккола ГIарафа къо. Гьеб къоялъ гьабураб лъикIлъиялъухъ чанго нухалда цIикIкIун кири щолин абула. ХIакъикъаталдаги гьеб...

Рокъоса къватIире...

Рокъоса къватIире рахъунелъул, хIисабго гьабулищ Аварагасул ﷺ суннат цIунулеб бугищали?   Суннаталда рекъон къватIиве вахъунев вугони, баракат...

Дагъистаналъул муфтиясде

АхIмад-хIажи афанди, Дагъистаналъул халиф, ГIелмуялъул цевехъан, исламалъул иццул кIал. ГIелму, гIакълу камилав, гIадлу-низам...

АхIмад Зарукъил гIумру

Абул ГIаббас АхIмад бин АхIмад бин МухIаммад бин ГIиса ал-Бурнуси ал-Фаси, АхIмад Зарукъ абун машгьурав, шазалияб тIарикъаталъул устар, имам Маликил...

ИсхIакъ Ньютон

ИсхIакъ Ньютон (1643-1727) ккола физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул тарихалда лъалкI тарав машгьурав гIалимчи. Гьев гьавуна Англиялда ва гьев...

Питна бекьула жасусаз

Араб гIасруялъул 90-абилел соназда ЧIикIаса СагIид-афандияс хъвараб хIакъикъат нилъер заманалъе цIакъ рекъон кколеб буго. Гьебги ккола цIаларалин...

Нужее баяналъе

Къуръан-хIадисалда рехсей гьабурал цо-цо малаикзабазул бицен:   Жибрил - жив Аллагьасул вахIюялда божилъи гьабун тIад тарав малаик. МикагIил...

Ният бугони…

Нилъеца ралел паризаял какал, кколел кIалал рукIа, тIобитIулеб закагIат-сахI, борхулеб хIеж-гIумра букIа, гьединго, суннатал гIамалал, гIибадат,...

Бищунго хIинкъараб къо

Къуръан буго Аварагасул ﷺ мугIжизатазул бищун кIудияб. Гьеб ккола Аллагьасул ﷻ калам. Гьелъулъ руго насихIатал, шаргIиял хIукмаби, гIелмиял баянал,...

Телефоназ кьезе тоге

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе...

Киданиги кватIун гьечIо…

56 сонил ригьалде яханиги, жиндир мурадлъун букIараб гIелмуялде нух бахъарай гIадан ккола МухIаммадова Заринат.  Аллагьасул тавпикъалдалъун...

Руччабазул кверал

Руччабазул кверал, киб гьечIеб дур лъалкI, Сардил гIужалдаги бакъул къоялъги. Нужер хIеренлъигун тIадагьлъиялъ ТIолго дунял буго цебе...

Заррукъил къагIида – Ньютонил закон

ИсхIакъ Ньютон ккола дунялалдаго машгьурав гIалимчи. Гьесул цIар лъураб законалъ абула, щибаб къуваталде данде ракьалда букIунин гьелда бащад, ай...

Нужее баяналъе

1. Ахирисев авараг щив вукIарав? – МухIаммад ﷺ авараг.   2. Ункъо нухалъ цо сураялда жаниб рехсараб хIайван щиб? – ГIака (сура...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Квешайлъунищ лъугьиней?   Эбел-инсуе захIматалгIан лъимал цIикIкIун щайдай рокьулел? Дир вац вуго цIакъ захIматаб гIамалалъул чи. Эбел-инсуе...

ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!           Камалов...

Суал-жаваб

  ХIеж яги гIумра борхулелъул тIаваф гьабулаго какичури бихани, щиб гьабизе кколеб? ТIаваф гьабулаго хIажичиясул какичури (черх чури) бихани, гьес...

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...