Аслияб гьумералде

ГIей гьечIо

ГIей гьечIо

ГIей гьечIо

НигIматазухъ БетIергьанасе щукру гьаби буго кигIан гьабуниги, бицаниги, малъаниги рагIалде бахъунареб, бахъунги лъугIи гьечIеб жо. Щайин абуни, нигIмат кьей гьечIелъул дагьлъулеб. Аллагьас нигIмат тIаде чвахизаби къотIизе толеб гьечIебго гIадин, гьелъухъ щукру гьаби нилъецаги къотIизе тезе бегьуларо.

 

Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца щукру гьабуни, Дица цIикIкIинабила», - абун (сурату «Ибрагьим» 7 аят). Хирияб аяталда Аллагьас ﷻ малъулеб буго щукру гьабулеллъун рукIине, цинги гьеб гьабурабгIан Жинца цIикIкIинабизе бугин бичIчIизеги гьабулеб буго.

Щукру гьабиялъеги буго хасаб тасбихI-дугIа цIали, кьураб нигIматалдаса мискин-пакъирзабазегун хIажаталъубе садакъа кьей, черхалъ сужда гьаби гIадал батIи-батIиял къагIидаби.

МацIалъ абун гьабулеб щукруялъул хIакъалъулъ гIалимзабаз рехсаразул цо-цоял ккола:

– «АлхIамду лиЛлагьи хIамдан ювафи нигIамагьу ва юкафиу мазидагьу» абураб калима. Гьаб буго Адам аварагасул тасбихI.

– «АлхIамду лиЛлагьи бижамигIи махIамидигьи куллигьа ма гIалимту мингьа ва ма лам агIлам гIадада халкъигьи куллигьим ма гIалимту мингьум ва ма лам агIлам».

– «Я Рабби, лакал хIамду кама янбагъи лижалали важгьика ва лигIазими султIаника».

Ибну ГIумаридасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасул ﷻ лагъзадерил цояс абуна «Я Рабби, лакал хIамду кама янбагъи лижалали важгьика ва лигIазими султIаника», - абун. Цинги гьел рагIабаз сваказаруна гIамалал хъвалел малаикзаби ва гьезда лъачIо кин гьеб хъвалебали. Хадуб гьел кIиялго малаикзабаз БетIергьанасда ﷻ абуна: «Я нижер Аллагь! Дур лагъзадерил пуланас абуна кин ажру хъвалебали нижеда лъаларел рагIаби», - ян. (Лагъас абураб жо лъалевлъун Жив вугониги) ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьикъана: «Щиб дир лагъас абураб?» - абун. Гьез жаваб гьабуна: «Я Рабби, лакал хIамду кама янбагъи лижалали важгьика ва лигIазими султIаника», - ян абурал рагIаби абунин. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезда абула: «Нужеца гьел рагIаби Дир лагъас абухъе, Дунгун гьев дандчIвазегIан хъвай, Дица гьабила гьесие гьезухъ ажру», - ян (ибну Мажагь).

Гьединаб кири цIикIкIараб гIамал буго нигIматазухъ щукру гьаби.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги щукру гьабизе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...