Аслияб гьумералде

Заррукъил къагIида – Ньютонил закон

Заррукъил къагIида – Ньютонил закон

Заррукъил къагIида – Ньютонил закон

ИсхIакъ Ньютон ккола дунялалдаго машгьурав гIалимчи. Гьесул цIар лъураб законалъ абула, щибаб къуваталде данде ракьалда букIунин гьелда бащад, ай гIаксалда бугеб къуват.

 

Гьеб закон цохIо хIисаб гIелмуялда, физикаялда гуребги рехсола лъикIлъиялъулги квешлъиялъулги дандечIеялъул бицунеб мехалдаги.

Ньютонидаса кIинусго соналъ цеве вукIана бергьарав гIалимчи, факъигь, суфий АхIмад Заррукъ.  Гьев гьавуна миладияб 1442 соналъ, Фас шагьаралда (жакъасеб Марокко). Хвана 1493 соналда.

АхIмад Заррукъица хъван буго: «Киданиги хIакъикъат ракьалда загьирлъичIо гьелде данде цоги гьересияб къуват къеркьон гурони. ХIакъикъаталде данде кидаго букIуна гьереси. ХIакъикъаталде дандечIей букIиналъ, гьеб хIакъикъат дагьабги камилго загьирги гьабула, гьелъул бацIцIалъи ва тIадегIанлъи тасдикъги гьабула. ХIакъикъияб нухалъул гIаламатги гьеб буго», - ян. 

Гьеб низам нилъеда билълъанхъулебги батана Адам авараг иблисгун дандчIвараб къоялдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан. 

Адам вихьидал шайтIан чIухIун кIалъана, жахIда-хIусудалъулги цIун, гьесулгун рагъ гьабизе лъугьана ва гьелдалъул гьалаглъана. Гьебго къагIидаялъ Къабилица Гьабилги чIвана.

Гьелдаса хадубги халкъул гIаламалъухъе БетIергьанас гIемерал аварагзаби, илчизаби ритIана, гьезул гIададги 124 азаргоялдаса цIикIкIун букIана. Амма гьезда данде гьересигун дагIбадулал, къосарал гIадамал, мунапикъзабигун жахIдачагIи цадахъ рахъана, гIемераб гIакъубаги Аллагьасул нухда ругезда бихьана.  

Жакъаги Аллагьасул хIакъи-къияб нухда ругезда данде шайтIаналъул нухда хIалтIулезул къеркьей лъугIун гьечIо.

«Кинаб букIаниги квешлъи, кьал лъугIилин хьул букIуна, цого-цо жахIдачаз гьабулеб квешлъи, кьал хутIун. Гьезул питна-заралалъул аслу жахIда-хIусуд букIиналъе гIоло».

Гьел рагIабазе шархI гьабун чIахIиял гIалимзабаз абун буго:

«Жиндирго эбел-эмен чIварав чиясулгун рекъел гьабизецин рес буго инсанас, амма жахIда-хIасад бугони цогидасдехун, гьесулгун рекъел гьабизе инсанасда кIвей щакаб буго», - ян. Аллагьас цIунаги гьеб чорокаб ва хъубаб гIамалалдаса.

Адам вижаралдаса къиямасеб къо чIезегIанги шайтIаналъул хIалтIиги, мунапикъзабазул, жахIдачагIазул макруги лъугIизеги гьечIо. 

Кидаго рукIана Аллагьасул нух ккурал аварагзабазул ирсилал, хIакъикъиял гIалимзаби, имамзаби, устарзаби, шайихзаби. Гьезда данде рагъ балелги рукIана. Жакъаги гьединал руго. Амма Аллагьасул динги, Аваргасдасан ﷺ бачIараб хIакъикъатги Аллагьас Жинцаго цIунула, кигIан цIакъ гьелда данде рагъ баниги гьеб къезабизеги кIоларо.

Щибха гьабизе кколеб? Аллагьасе реццги гьабун, нифакъалдаса цIуниги гьарун, игIтикъад щула гьабун, нилъерго рухIиял церехъабазда нахърилълъун хьвадила. Гьелъие тавпикъ кьеги Аллагьас. ТалихIкъарал жахIдачагIи ва гьезул питнаби къезабулеб къуват кьеги нилъее.

 

МухIаммад ГIалимчуев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...