Аслияб гьумералде

БацIадаб ниятгун

БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве вахъана гьев.

 

Нухда херав чиясул сипаталда шайтIаналъ гьесда гьикъана: «Щиб дуда гьабизе ракIалда бугеб?» - абун. Гьев чияс жаваб кьола ширк лъугIизабизелъун гъветI къотIизе унев вугилан. ШайтIаналъ абула: «Щай мун гьоркьове лъугьунев, Аллагьасе бокьани, гьес жинцаго хвезабилаан гьеб гъветI», - ян. Амма гьев чи гIенеккичIо.

Гьез байбихьана дагIба гьабизе, хадуб рагъизе. Гьев такъваяв чияс шайтIан ракьалда кьабун, чIвазехъин букIуна. Цинги шайтIаналъ абула: «Дун виччай, дица дуе щибаб къойил кIиго динар кьела, дуца мискинзабазе кумек гьабизе бегьула, дуего цо-цо босе, гьеб гъветI цIуне», - ян. Гьев чиги разилъун, рокъове вуссана.

Нахъисеб къоялъ гьесда унго-унголъунги жиндирго къандалъоялда гъоркь кIиго динар батула ва гьел мискинасе кьола. Амма цо къоялдаса хадуб гIарац тIокIаб батичIо. Гьедин, нахъеги гIащтIиги босун, гъотIохъе унаго, шайтIан нахъеги бачIуна аскIобе ва гьесда абула дуда щибго гьабизе кIоларин. ЦIидасан рагъизе лъугьуна ва гьаб нухалда шайтIаналъ бергьенлъи босула.

ГIажаиблъун инсанас гьикъула мун бергьиналъе гIилла щибилан абун. ШайтIаналъ абула: «Цебесеб нухалъ мун бергьана Аллагьасе гIололъун вагъулев вукIиналъ. Гьаб нухалда мун гIарцуе гIоло вагъулев вукIиналъ дур чорхолъа хIал тIагIана», - ян.

ТIоцебесеб нухалъ гьесул ният Аллагьасе гIололъун бацIцIадаб букIана. КIиабизейин абуни, гьесул пикраби гIарцуда рукIана. Гьединлъидал, гьесул рухIияб къуват тIагIана ва шайтIаналъ бергьенлъи босана.

МухIаммад аварагасул ﷺ заманалда тушбабазул 10 азарго рагъухъан бусурбабазда тIадкIанцIизе хIадурлъулел рукIана. Бусурбабазул къадар гIезагIан дагь букIана. Тушбабаздаса цIунизелъун гьез жидедаго сверун кIудияб гвенд бухъана. Тушбабазда гьоркьов вукIана цо къуватав чи. Гьесда цIарги ГIамр бин ГIабдулвуд букIана. Гьев гвандида тIасанги кIанцIун, бусурбабазда гьоркьове щвана.

Гьевгун вагъизелъун ГIали-асхIаб вахъана. ХIалуцараб рагъулъ Аллагьас ﷻ бергьенлъи ГIали-асхIабасе кьуна. Гьес тушман ракьалда лъуна ва заманалдасан тушманас гьесде хIацIу туна. Сверухъ ругезда ккана гьанже ГIали-асхIабас гьев чIвазе ватулин абун, амма ГIали-асхIаб, вугелъув тушманги тун, тIаде вахъана. ЦIидасан рагъизе журана ва ГIали-асхIабас тушман чIвана.

Гьелда гIажаиблъун гIадамаз ГIали-асхIабида цIехана щай тушман доб мехалъго чIвачIевин абун. Гьес жаваб кьуна: «Аллагьасе ﷻ гIололъун гьев чIвазе дун жувайдал, гьес хIацIуги тун, дир ццим бахъинабуна. Ццимгун дица гьев чIван вукIаравани, гIицIго Аллагьасе ﷻ гIололъун гуреб, дирго ццималъе гIололъун букIинаан. Гьединлъидал дица гьев виччан тана. ТIаде вахъиндал дир ццим нахъе ана ва цинги дица гьевги чIвана», - ян.

Гьелдасан бичIчIула бокьараб хIалтIуда цебе нияталъухъ халгьабизе кколеблъи. Жигар бахъизе ккола ният бацIцIадаб гьабун, Аллагьасе ﷻ гIололъун киналго пишаби гьаризе. Гьайгьай, гьеб бигьаяб иш гуро, амма бажарулеб жо буго.

Аллагьас кумек гьабеги.

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...