Аслияб гьумералде

Ахирисеб сапар

Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)

 

Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине кколебалиги.

ТIоцебесеб иргаялда, хвалил унти чIварасда аскIоб гIодове виччан вукIине ккола. КIудияб гьаракь гьабун гIодизе бугьуларо, гьесул ракI буссинабизе бегьулеб жо абиялдаса рикIкIалъила. Гьелъул бакIалда бищунго лъикIаб жо ккола гьесул рахъкквей, Аллагьасул ﷻ гурхIел ракIалде щвезаби, Гьесул тIаса лъугьиналде хьул лъезаби.

Бищунго кIвар бугел суннатазул цояб ккола хвалилъ вугев чиясда хIеренго ракIалде щвезаби Шагьадаталъул рагIаби – «Ла илагьа илла Ллагь». Гьеб гьабизе ккола парахатго, тIадецуй яги тIадчIей гьабичIого. Аллагьасул Аварагас ﷺ абуна: «Хвалил унти чIваразда ракIалде щвезабе «Ла илагьа илла Ллагь», - абун. (Муслим)

Унтарасул хIалалъ рес кьолеб батани, лъикIаб букIина гьесда аскIоб Къуръан цIализе, хасго «Ясин» сурат, гьединго, Аллагь гIемер ракIалде щвезавизе ва тавбугун Гьесдехун вуссине ахIизе.

КIвар бугеб жо ккола гIумруялъул ахирал лахIзаталда инсанасул хьул букIин БетIергьанасул гурхIел-рахIмуялде. Гьединлъидал гIагарлъиялъ иман щула гьабулел рагIаби абизе, Аллагь тIаса лъугьин ракIалде щвезабизе, хьул къотIиялдаса цIунизе ккола. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер цонигияв хвезе тоге Аллагьасдехун лъикIаб пикругун гурони», - ян. (Муслим)

Унтарасда кIалъазе кIолеб ва лъугьа-бахъунеб бичIчIулеб бугони, гьесие лъикIаб буго Аллагьасда ﷻ цебе тавбу гьабизе, лъилниги ракIбуссинабун батани, гIадамазда тIаса лъугьаян гьаризе, налъаби рецIизе хIаракат бахъизе яги гьел рецIеян гIага-божаразда тIадкъазе. Инсан хун хадуб лъикIаб буго гьесул бералги къанщизарун, гъоркьияб чIандироги (чанагъ) бухьун, жаназаги чурун ва мусруги бан, кIванагIан хехго, шаргIалда рекъон вукъизе хIадурлъи гьабизе. ГIагарлъиялъги Аллагьасда гьарила хварасе лъикIабщинаб, жаназаялда аскIор рукIаго берцинаб гурони каламги гьабиларо.

Ахирисеб сапаралде инсан тIовитIи ккола гIицIго пашманлъиялъул гуребги, Аллагьасулгун нилъерго дандчIвай ракIалде щвезабулеб заман. Гьединлъидал муъминзабаз жигар бахъула бокьараб мехалъ гьеб лахIзаталде жал хIадурго рукIунеб къагIидаялъ гIумру гьабизе, лъикIал гIамалал гьарун, чияр хIакъалъул адабги гьабун, гьоркьоса къотIичIого тавбу гьабун, БетIергьанасде руссун.

ТIадегIанав Аллагьас нилъее киназего гIумруялъул ахир лъикIаб кьеги, ахирисел рагIаби «Ла илагьа илла Ллагь» кколеблъунги гьарун, Жиндирго рахIматалдалъун Алжаналде рачаги нилъ. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...