Аслияб гьумералде

Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.

 

Увайсул Къарани вукӀана МухӀаммад аварагасул ﷺ заманалда ва гьесда иманги лъола. Гьев гьавураб бакI букIана Йеменалда. Амма гьесда Авараг ﷺ вихьизе ва дандчӀвазе кIоларо, гьоркьоса къотӀичӀого эбелалъе хъулухъ гьабулев вукӀиналъ. Амма Аварагас ﷺ гьесул хиралъиялъул ва лъикIлъиялъул бицана.

Имам Муслимица ГӀумар-асхIабидасан бицана Аварагас ﷺ абурал рагIаби: «Йеменалдаса нужехъе вачӀине вуго Увайс абурав чи. Гьесул Йеменалда эбел гурони чиги гьечӀо. Гьев унтун вукIана вабаалъул унтиялъ, аммма сахлъула. Гьесул черхалда тIад динаралъул къадаралъ гьелъул асар хутIула, нужер цонигияв гьесда дандчӀвани, гьесда гьаре нужее дугӀа гьабеян, Аллагьас ﷻ нужер мунагьал чуризе рукIине», - ян.

Гьединго ГӀумар-асхӀабасдасан бицараб хӀадисалда буго: «Увайс абурав чи табигӀиназул бищун лъикӀав вуго. Гьесул гӀагарал чагIазул цохIо эбел гурони гьечIо, гьесул черхалда тIад хъахӀаб тӀанкӀ буго вабаалъул унтудаса хадуб хутIараб. Гьесда гьаре дуе дугӀа гьабеян, Аллагьас нужер мунагьал чуризе рукIине», - ян.

Аварагасул ﷺ гьал рагӀаби мугӀжизатлъун ккола, щайгурелъул, гьесда Увайс дандчIванго вукIинчIелъул. ХIадисалда абухъе, ГӀумар-асхӀабил заманалда Увайсул Къарани Йеменалдаса аскаргун цадахъ вачIуна гьесухъе. ГӀумар-асхӀабица гьесда гьарула дугӀа гьабеян. («ШархӀул Муслим», 16 том).

Имам Муслимица бицараб цогидаб хӀадисалда буго: «Диргьамалъул къадаралъул унтиялъул асар черхалда хутӀиялъе гӀиллалъун ккана, сахлъараб мехалъ гьес Аллагьасда ﷻ гьарун букIиналъ гьелъул асар теян, Гьесул ﷻ рахIмат кIоченчIого букIине», - ян.

Имам ХӀакимицаги Байгьакъиясги бицараб хӀадисалда буго: «Дир умматалдаса цо чиясул шапагӀат сабаблъун, РабигӀаталъул ва Музарил кӀиго кӀудияб къавмалда бащадаб къадар гӀадамазул Алжаналде лъугьине буго», - ян.

«ИтхIаф» абураб тӀехьалда буго: «Увайсул Къарани вукӀана Аварагасе ﷺ вокьулезул цоявлъун», - ян.

Цо къоялъ хӀежалдаса вуссиндал Увайсул Къарани Мадинаялде, Аварагасул ﷺ хабаде щола. Мажгиталъул кӀалтӀа лъалхъун вукӀаго, лъицаялиго гьесда Аварагасул ﷺ хоб бихьизабула. Увайс, Аварагасул ﷺ хоб бихьидал, лъавудаса уна. ГӀакълуялде вачIиндал, гьес гьарана кӀванагӀан хехго Мадинаялдаса нахъе вачеян, Авараг ﷺ вукъараб бакӀалда вукIине кIолеб гьечIилан.

Увайсул Къараниясул тӀаде-гӀанаб даража ва къадру бицунаго Аварагас абуна: «Дида бихьула Йеменалъул ракьалда Аллагьасул рахӀмат (баракат)», - ян.

Увайсул Къарани дунял тарав, гӀибадаталде гъира бугев чи вукӀин гуревги, Аллагьасдаса ﷻ цӀакъ хӀинкъулевлъунги вукӀана. ВагӀзаялъухъ гӀенеккараб мехалъ гӀодулаан, вагӀзачияс жужахӀалъул бицине байбихьидал, ахӀдолаан ва гӀодулаго доб бакӀалдаса лъутулаан.

Увайсул Къаранияс жиндирго напс кин куцалеб бугебали бихьидал, гIагарлъиялъ абулаан гьесул бетIер сверун батилин абун. Гьединлъидал гьез гьесие азбаралда гьитӀинабго рукъ бан кьола. Увайс, радал как ахӀилалде рокъоса къватӀиве вахъунаан, ва кватӀун, ай боголил какдаса хадуб гурони тӀадвуссунароан, гьединлъидал, гьезда гьев къанагӀат гурони вихьулароан. Цо-цо мехалъ гьезда гьев лъагӀелалъ, кӀиго соналъцин вихьичӀого хутӀулаан. Увайсил Къараница кваналеб букIана батӀи-батӀиял бакӀаздаса бакӀарараб мугьал. Басрияб чамасдакI батидал нахъе толаан, кIал биччазе букIине. ЧамасдакI гьечIони, мугьал ричун щвараб гӀарцухъ квен босулаан.

Гьес абуна: «Дица лъикӀлъи гьабун амру гьабиялъ ва квешлъиги гьукъиялъ, дир гьудулзаби хутIичIо. Нижеца гьезда (гьудулзабазда) лъикӀлъи гьабеян амру гьабураб мехалъ, гьез ниж какана ва цогидал квешал гӀадамазда нахърилълъана. Валлагьи, гьез дида бугьтан лъуна», - ян.

ХӀаримие хъвараб васияталда гьес абуна: «Мун кьижулаго дуца хвел ботӀрода гъоркь лъе, ворчӀидал дуца гьеб дурго беразда цебе лъе ва гьеб дуего гӀаламат гьабе», - ян.

Гьединго гьес абуна, зиярат гьабиялдасаги мажлисаздасаги балъго цӀалараб дугӀа лъикӀаб бугин, щайгурелъул, гьединал мажлисал рияъалъул кьучӀлъун лъугьине бегьулин.

Цо чи гьесухъе ракIгъезабизе вачӀараб мехалъ, гьес жаваб гьабуна: «Дида киданиги ракӀалдецин ккун букӀинчӀо Аллагь лъан хадуб гӀадамаз цоцазе ракIгъей гьабизе батилин», - абун. Гьесул рекӀелъ букӀинчӀо халатаб заманалъул хьул яги къасд. Гьесда гьикъула: «Дуца гьаб сордо кин борчIараб?» - ян. Гьес жаваб кьола: «Кьижараб мехалъ радал чӀаго ва вахъиндал къасилъизегIан хутIилищали лъаларев чияс сордо кин тIобитIулеб?» - ян. Гьес рикӀкӀунаан дунялалъул жалаздаса ватӀалъи Аллагьасде божилъиялъул шартIлъун.

Увайсул Къарани хвеялда хурхун батӀи-батӀиял пикраби руго. Цо-цо гӀалимзабаз рикӀкӀуна гьев вукъун вугин гьанжесеб Азербайжаналъул Ширван шагьаралда. Цогидаз абула гьев хванин хирияб рагъда (гъазаваталда) халиф ГӀалида цадахъ, Шам ракьалда (Сирия, Палестина, Иордания) Сиффайн абулеб бакӀалда вагъулев вукӀаго. Лъабабилез абула гьев Гьоркьохъеб Азиялда вукъун вугин. Аллагьасда лъикӀ лъала. Ва киб гьесухъе зиярат гьабуниги, гьесул баракаталдаса махӀрумлъиларо.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...