Аслияб гьумералде

ИсхIакъ Ньютон

ИсхIакъ Ньютон

ИсхIакъ Ньютон

ИсхIакъ Ньютон (1643-1727) ккола физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул тарихалда лъалкI тарав машгьурав гIалимчи. Гьев гьавуна Англиялда ва гьев гьавилалдего хун вукIана гьесул эмен. Ньютон жеги гьитIинго вукIаго, гьесул эбел ана росасе. 

 

ЦIияб хъизамалда гьарурал лъимал хьихьулаго, кIудияв васасе кколеб заман ва тарбия кьезе гьесул эбел регIун йикIинчIо.  Гьев гIезавуна кIодоэбелалъ. Вас, гIемерисеб мехалда, живго жиндего вуссун вукIунаан. КIалъавукъав, гьудул-гьалмагъзаби гьечIев чи вукIана гьев. Сахлъиялъул рахъалъ загIипав вукIиналъ, байбихьуда цIализеги лъикIав вукIинчIо. Гьеб кинабго сабаблъун гIелбащадаз махсародеги кколаан, гьесда тIадги релъанхъулаан гьел.   Амма кватIичIого Ньютон цIалуда тIадчIана ва мугIалимзабазулги цадахъ цIалулезулги гьесдехун букIараб бербалагьиги хисана.

Бищунго гъира базабулаан Ньютоние техника ва математика.  Эбелалъе бокьун букIана вас, эменго гIадин, фермерлъун вахъине. Амма гьесул цIалул цебетIей, бегIераб гIакълу, бажари ва гъира бихьун, Ньютонил мугIалимасги имгIаласги гьей мукIур гьаюна вас университеталде кьезе. 1661 соналда, школалъул цIалиги лъугIидал, экзаменалги кьун, Кембриджалъул университеталъул студентлъун вахъана. Цадахъ цIалулез бицунаан макьу ва квен тун цIалдолаанин гьевилан абун. 

21 сон бараб мехалдаса нахъе Ньютоница байбихьана гIелмиял цIех-рехал гьаризе.

ИсхIакъица механикаялъул аслиял къанунал гIуцIана, физическиял лъугьа-бахъиназе механикаялъул кьучIалда сипат-сурат кьеялъул программа ургъана.

Дунялалъ жиндего тIаде цIаялъул законги ургъана гьес. ГIалимчиясда бичIчIана массаялъул бокьараб гIурхъиялъ (точкаялъ) жиндехун цIалеблъи батIияб гIурхъи гьел кIиялго гIурхъабазда гьоркьоса, бералъ бихьулареб кун гIадин, цIан унеб бугеб рухIгун.

Ньютоница баян гьабуна бакъуда сверун планетаби сверулел рукIин ва ракьалда сверун моцIги тирулеб букIин. 

Гьес чIезабуна ракьул форма гургинаб букIин, экваторалда – гIатIилъараб, полюсазда – чIинтIараб.

Ньютоница рагьана ралъадазул ва океаназул лъинал рагIаллъабаздаса жанире ин ва тIаде рачIин бараб букIин бакъулгун моцIрол хьвадиялда.

ТIоцебе Ньютоница ургъана канлъи нахъчIвалеб телескоп (отражающий телескоп). Жакъа къоялъги дунялалда ругел астрономиялъул обсерваториязда хIалтIизабула Ньютоница ургъараб телескопалъул модель.  

1687 соналда «Натуралияб философиялъул математическиял авалал»   тIехьалда, Ньютоница баян кьуна  инерция (багъарани, чIей гьечIеб, чIани, багъари гьечIеб хасият), ускорение (гIедегIизаби) абурал хIалазе.  Гьединго рагьана дандечIеялъул закон (закон противодействия), ай жинца гьабулеб асар данде гьабулеб асаралда бащадаб букIин.

Ньютоница цIирагьарал законал ккола цIакъ кIвар бугел. Щайгурелъул, гьез сверухъ ругел предметал рагъариялъул бичIчIи кьола. Гьезда гъорлъ – зобалазул телаби хьвадиялъулги. Бакъалъул системаялъул, гравитациялъул, бакIалъул ва заманалъул теориязул гIелмияб цIех-рех гьабиялъулъ Ньютонил баяназ лъикIаб квербакъи гьабуна хадусел гIалимчагIазеги.  

ИсхIакъ Ньютон, гIадатияв фермерасул вас, дунялалдаго цIар рагIарав гIалимчи хвана 84 сонил ригьалда.

 

МухIаммад ГIалимчуев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...