Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Квешайлъунищ лъугьиней?

 

Эбел-инсуе захIматалгIан лъимал цIикIкIун щайдай рокьулел? Дир вац вуго цIакъ захIматаб гIамалалъул чи. Эбел-инсуе гIемераб заралги гьабуна гьес. Кидаго къватIал тирулевги вукIуна. Амма эбел-инсуца кидаго кумекги гьабула гьесие.  Дида абула мун нижер гIакъилай йигин, духъаго бажарулин кинабго гьабунилан абун. Дир тIалаб гьабизелъун дунгийищ гьанже квешай лъугьине кколей?

 

ХIалимат, Хьаргаби район

 

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-инсул лъималаздехун букIуна хасаб рокьи. КигIан гIемерал лъимал ругониги, киназдехунго хасаб рокьиги букIуна. Гьезие гIоло рухI кьезеги нахъе къаларо гьел. Исламалъги нилъ ахIула лъималазда гьоркьоб ращалъи гьабиялде. ХIатта цояб лъимералда къочани, цогидалдаги къочизе тIалъула, ращалъи гьабун.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужерго лъималазда гьоркьоб ращалъи ва ритIухълъи цIуне», - ян. (Бухари, Муслим)

Лъималазде рокьи цого хIалалда загьир гьабизе ккола. Масала, кидаго цояб беццун, гьелдехун хIеренго рукIун, цогидаб щибго гьабичIого тун бегьуларо. Гьединаб ишалъ лъимадул ракI бекула.

Дур суалалъе жаваб кьолаго абила, гьеб жо цIакъго рекIелъе биччаге. Вац квешлъиялда вукIиналъ гьел хIинкъун ратула жеги кIудияб балагьалде ккезе гурин абун. Гьесул ишкалал рорхулаго, дуде регIуларого ратула гьел. Амма гьелъул магIна кколаро дудаса цIикIкIун гьезие вац вокьулин абураб. Гьайгьай, гIамал-тIабигIат берцинаб лъимер - гьеб буго ТIадегIанас эбел-инсуе кьураб нигIмат. Гьединаздасан мунго ятиялъ гIемер щукруги гьабулеб батула гьез, дуда лъалеб батичIониги.

Дур вацасдалъун гьезул хIалбихьулеб буго Аллагьас ﷻ ва эбел-инсудалъун дурги бихьулеб буго хIал. Эбел-эмен чIаго рукIиналъе щукру гьабун, гьезие баркала кье ва кумек гьабе. Гьелъухъ дуе Аллагьасда ﷻ аскIоб лъикIаб жазаъ букIина. Эбел-инсул ракI бохизабурав чи Аллагьас чIового толаро. Вац лъикIалде вуссиналъе гьезие квербакъани, гьел дудаса жеги разилъила.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Дур суалалдасан бичIчIулеб буго эбел-инсуе квалквал гьабулареб, гьез малъараб гьабулеб лъимер мун букIин. Гьеб кIудияб иш буго. МунгIаги гьединай йикIиналъ гьел кутакалда рохаралги ратула. Амма дуда кколеб буго вацасдехун рокьи гьезул цIикIкIараб бугин абун. Гьебги мекъаб пикру буго. Рокьи цIикIкIун букIиналъ гуро гьел гьесие гIоло рортанхъулел ругел. ГIадатияб иш буго захIматал лъималазда аскIоб эбел-инсуца гIемер заман тIами.  Масала, гIайибаб лъимералъе хал-шал ва заман цIикIкIун къваригIунебго гIадин, квешал лъималазеги къваригIуна гьебго. 

Рес буго эбел-эмен дуде регIунгутIиялъ дуда квеш бихьизеги, амма лъазе ккола рокьи дагь букIиналъ гуреб, тIадеги дуда мугъчIван гьезул букIин.

Дуца суалго мекъи кьун буго. ЗахIматал лъимал эбел-инсуе цIикIкIун гуро рокьулел, цIикIкIун заман хвезабизе ккола гьезда тIад, къваригIел гьечIеб жо гьез гьабичIого букIинелъун.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

 

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...