Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"

 

 

Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?

 

ГIали, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, неврологасухъе ани лъикIаб букIина. Щиб лъалеб, нерваби жагъаллъун ратизеги бегьула. Унтул гIаламатал ратичIони, хIаракат бахъила кьижизе вегиялъул адабал цIунизе. 

  1. Къаси боголил какдаса хадубго хехго кьижизе ккела. Гьелъ квербакъула тIубараб хIухьбахъиялъе, къаси парахалъиялъе, Аллагьасе гIибадат гьабиялъе ва заманалда рогьалил как базе тIаде вахъиналъе. ГIаишатица абуна: «Авараг ﷺ хехго кьижизе вахунаан ва сардил ахир Аллагьасе ﷺ гIибадат гьабиялда тIамулаан», - ян (ибн Мажагь).
  2. Кьижилалдего какие чури гьабизе лъикIаб букIуна, кваранаб рахъалдехун вегун, Къиблаялдехун бетIерги буссинабун, дугIа цIалила (магIна): «Я дир Аллагь ﷺ, дица дирго гьумер Дудехун ﷻ буссинабуна, дица Дуда ﷻ мугъчIвай гьабула дирго киналго ишазулъ, дун Дуда ﷻ божула, Дуде ﷻ хьул лъола, дун хIинкъуларо Дукьа ﷻ гурони, Дуца рехун тани дие тIокIаб кIанцIизе бакI гьечIо, Дуца битIараб Къуръан ва Дуца витIарав Аварагасда ﷺ иманги дица лъола».
  3. Кьижилалде цебе дурго юргъанги простыняги кIобокIун, дурго хъатазде «Аль-Фалакъ» ва «Ан-Нас» сураталги цIалун, черхалда рахъе. Гьединго лъикIаблъун бихьула дугIа цIализе (магIна): «Я дир БетIергьан, Дур цIаралдалъун дун вегулев вуго, Дур цIаралдалъун вахъинеги вуго. Дуца дир рухI босани, гьелда гурхIа, Дуца гьеб босичIони, Дуца гьеб цIуне Дур бищунго лъикIал лагъзал цIунулеб жоялдалъун», - ян.
  4. ХатIабил ГIумарица абулаан: «Щивав муъминчи кьижилалде жинцаго къоялъ гьабураб гIамалалда тIад ургъизе ккола, лъикIазе Аллагьасе ﷺ рецц гьабе, квешазе тавбуги гьабун, тIаса лъугьаянги гьаре», - ян.
  5. Цо чиясда лъикIаб макьу бихьани, гьелъухъ Аллагьасе ﷺ щукру гьабила. Нагагьлъун макьу квешаб букIун батани, квегIаб гъажалдасан бигьаго лъабго нухалъги тун: «АгIузу биллагьи мина-шшайтIани-рражим» («Дица Аллагьасда ﷻ гьарула нагIана батараб шайтIаналъул квешлъиялдаса цIуни») абила.

Гьеб киналъго кумек гьабичIони, бухьен гьабизе бегьула Къуръаналдалъун сахлъи гьабулев махщелчиясулгун.

 

Психологасул жаваб

Киноялъул, хIаязул яги цогидал суратазул асаралдалъун нужеда рихьизе бегьула цIакъго чIагоял анищал. Цо-цо мехалда, гьел фантазиязда гъорлъе мун гъваридго гъорлъе лъугьиналъ дур черхалъ, лъугьа-бахъинал хIакъикъиял рукIарал гIадин, реакция гьабизе байбихьула.

ХIалуцарал эмоциязул заманалда чорхолъ лъугьуна тIабигIиял биохимикиял процессал: гормонал цIикIкIун къватIире риччала, ччорбазде би ва кислород цIикIкIун щола. Гьелъул хIасилалда нужеда ракIалде ккола къуват, тирха-кIичIи ва божилъи цIикIкIун бугин. Гьеб сабаблъун хIинкъиги тIагIуна. Гьединлъидал ракIалде ккезе бегьула кутакав бахIарчи вугев гIадин.

Амма гьел жалазулги гIурхъаби руго. ГIадатияб къагIидаялъ цо пуланаб цIайи захIматго борхулеб батани, гьеб хIалалда нужеда кIвезе буго гьеб дагьаб бигьаго борхизе яги цо-кIиго килограммалъ цIикIкIун борхизе. Амма машина гIадин хехго векеризе яги рес гьечIел кIанцIиял гьаризе, узухъда, рес букIине гьечIо.

Гьединлъидал, кинабгIаги хасаб магIна балагьизе хIажалъи гьечIо. Гьелъул бакIалда, гьеб ккола, щулияб эмоционалияб хIалгун, дур жанисеб сурсат ракIаризе ва дур бищунго кIудияб божилъи лъазе кIолеблъиялъул индикатор.

Гьеб хIал тIаде бачIиндал цо хасаб жо гьабизе кколаро. ГIицIго сихIкъотIун, парахатго вукIина. Гьелъ макьуялъе квалквал гьабулеб батани, тIаде вахъине бегьула, свери бахъила, лъим гьекъела. Гьеб хIал гIадатияб къагIидаялъ тIаса уна 10-15 минуталдасан.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...