Аслияб гьумералде

Руччабазул кверал

Руччабазул кверал

Руччабазул кверал

Руччабазул кверал, киб гьечIеб дур лъалкI,

Сардил гIужалдаги бакъул къоялъги.

Нужер хIеренлъигун тIадагьлъиялъ

ТIолго дунял буго цебе къулараб.

 

Нуж гурищ херлъарай эбел хьихьарай,

Карандеги бачун лъимер кIикIарай.

Гьез гурищ васазе хинкIал гьарурал,

Росасе нухлуе сардилъ квен кьураб. 

 

Руччабазул кверал, киб гьечIеб дур лъалкI,

Ахал-хурзал руго дур кверзукь гIурал,

Хурул ссанда сукIун харил гIарахъал,

Дур квераз квацIиккун данде гьабураб.

 

Гьез гурищ сардида, тIадеги рахъун,

Аллагьасде гьарун дугIа гьабулеб.

Свараб гъанситуда цIа кунчIизабун,

Кьижараб лъимаде юргъан бачунеб.

 

ГIайшатбика ГIабдулкъадирова, МагIли росу.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...