Аслияб гьумералде

Ният бугони…

Ният бугони…   

Ният бугони…

Нилъеца ралел паризаял какал, кколел кIалал рукIа, тIобитIулеб закагIат-сахI, борхулеб хIеж-гIумра букIа, гьединго, суннатал гIамалал, гIибадат, тIагIат - гьеб кинабго гьабула хирияб Аллагьасул калам Къуръаналда нахъги рилълъун. Гьединго, Аварагасул хIадисазда, мазгьабазул гIалимзабазул рагIуда рекъон.  

 

Нилъеда тIадаб буго Аллагьги ﷻ цо гьавун, Гьесул ХIабибги ﷺ ритIухъ гьавун унго-унгояб къагIидаялъ лагълъи гьабизе. Гьеб гьабулеб мехалда Аллагьас ﷻ къабул гьабиладай яги гьабилародаян хIинкъиялдаги, къабулги гьабун цIоб-рахIмат лъеялдаги (хьулалда) гьоркьор рукIине.

Гьелъухъ нилъее ажру сабаб гьабизе Аллагьасда ﷻ тIадаб гьечIо, гьеб буго нилъеего гIоло гьабулеб гIамал. Аллагь ﷻ вуго гIадлуги битIарав, рахIмат-цIобги гIемерав Гъафуру рахIим, бокьараб жо бокьухъе гьабизе ихтияр бугев нилъ рижарав Халикъ. Амма Аллагьас ﷻ абун буго Жиндирго цIобалдалъун жазаъ гьабилин.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Иман лъурал гIадамал, жидеца лъикIал гIамалалги гьарурал, Дица гьез гьабураб гIадада хвезабуларо», - абун.

Амма гьабуралъухъ жазаъ гьабиледухъ гIамал, гIицIав Аллагьасе ﷻ гIоло бугищин абун, пикру гьабизе ккола чияс.

Бугин ккани, щай нилъер щибаб как бай жамагIаталда гьечIеб? Гьабулищ щибаб къойил тавбу? Щай дунялалъул ишазда хадурги лъугьун, дин-гIамал гьаби хадусеб иргаялда букIунеб? Дунял тIалаб гьабизе нилъ кирего щола, амма Аллагьасул ﷻ диналда хадур кире рахъунел? Хьвадулищ радал-къасигIаги мугIалимасухъе, дарс борсизе?

«Аллагь нужер ракIазухъ валагьула», - ян абун бугеблъиги лъалеб мехалда, гьабулищха нилъеца ракIбацIцIадго?

Гьарулел ишазулъ ният бацIцIадаб букIине ккола. Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда буго муъминчиясул гIамалал нияталда роцун къабул гьарулеллъун рукIунин абун (Бухари).

Цоги абун буго, чан гIамалин гьечIеб жиб бихьизе дунялалъул пишалъун ккараб, амма лъикIаб нияталдалъун гьабидал Аллагьасе ﷻ бокьулеб, ахираталда кириги хъвалеблъун лъугьунебилан. Гьединго чан гIамал бугеб, жиб бихьизе ахираталъулаблъун бугеб, амма ният квешлъиялдалъун дунялалъул гIамалалде сверулеб.

Гьединлъидал кIочене бегьуларо щибаб гIамал гьабилалде бацIцIадаб ният букIине. Жеги, гIемер такрар гьабурабги буго, бугониги, радал тIаде рахъиндал ният гьабе щиб гIамал гьабуниги (сундаса цIунун чIаниги) гьеб Аварагасда ﷻ нахърилълъун (Аллагьас ﷻ гьабеян абураб гьабун, теян абуралдаса нахъе къан), гьесул ﷺ суннат бугин абураб къасдалда. Гьедин гьабиялъул хIасилалда инсан лъугьуна къоялъ гьабураб гIадатияб гIамалгицин гIибадатлъун лъугьаравлъун. Гьеб цIакъ кIвар цIикIкIараб ишги буго.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги щибаб лъикIаб гIамал Гьев ﷻ разилъуледухъ ракIбацIцIадго ихласалда гьабизе!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...