Аслияб гьумералде

Рокъоса къватIире...

Рокъоса къватIире...

Рокъоса къватIире...

Рокъоса къватIире рахъунелъул, хIисабго гьабулищ Аварагасул суннат цIунулеб бугищали?

 

Суннаталда рекъон къватIиве вахъунев вугони, баракат букIина ва гьелъухъ кириги щвела. ГIумруялда хурхун гьарулел ишал цIакъ гIемер руго. Масала, кьижилалде цебе, кваналалде цебе ва хадуб, ретIел ретIунеб ва бахъулеб мехалда. Гьеб кинабго иш гьабулеб бугони нияталдалъун, Аварагасул ﷺ суннат тIубазелъун, нилъее кири щвезе рес буго. Гьелъин Аварагас ﷺ абураб, муъминчиясул иш цIакъ гIажаибаб бугилан. Гьелъие далиллъун гьаб хIадисги буго.

Сугьайб ибну Синан ар-Румиясдасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Муъминчиясул ишалъул гIажаиблъиго щиб. ХIакълъунго, гьесул кинабниги иш лъикIлъиялъулъ буго ва гьеб лъиего кьечIо цохIо муъминчиясе гурони. Гьесде рохел бачIани, Аллагьасе ﷻ щукру гьабула ва гьесие гьеб лъикIлъиялъе буго. Гьесде тIаде квешлъи бачIани ва сабруги гьабуни, гьебги гьесие лъикIлъиялъе буго». (Имам Муслим)

Кинаб хIалалда вугониги пайдаялда вуго муъминчи, гьебги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цохIо гьесие гурони кьун гьечIо. Муъминчияс балагь тIаде щведал сабру гьабуни, Аллагьасул ﷻ къадар букIинги бичIчIун, нахъе босиялде хьулги лъуни, гьебги Аллагьас ﷻ гьесие хайирлъун сверизабулеб буго. Дунялалъул яги ахираталъул ишазулги рохел тIаде бачIани, гьелъухъ щукруги гьабуни, гьебги хайиралъе сверулеб буго. Пайда босизе лъани, кинабго хIалалда муъминчи хайиралда хутIула. Аллагьасул ﷻ рахIмат буго гьеб.

Щибаб къоялъ инсан рокъоса къватIиве вахъуна жинда тIад бугеб парз тIубазелъун ва цогидал ишал гьаризелъун. Цо-цоял рахъуна магIишат тIалаб гьабизе, жиндирго агьлу-хъизан хьихьизе ва цогидал рахъуна гIагарал-гIунтIаразул ишал тIуразе.

Рокъоса къватIиве вахъарав мехалъ гIемер батIи-батIияв чи дандчIвала. Аварагас ﷺ рокъоса къватIиве вахъунеб мехалъ дугIа гьабулаан Аллагьас ﷻ бигьа гьабеян абун.

Умму Саламица бицараб хIадисалда буго: «Бисмиллагьи таваккалту гIала Ллагьи, Аллагьумма инни агIузу бика ан азилла ав узаллу ав азилла ав узалла ав азлама ав узлима ав ажгьала ав южгьалу гIалая», - ян абизе лъикIаб бугин. Гьелъул магIнаги ккола: «Аллагьасул цIаралдалъун (рокъоса къватIиве вахъана), Аллагьасде ﷻ таваккал тIамуна. Я дир Аллагь, дица цIуни гьарула битIараб нухдаса къосинчIого вукIине ва къосаравлъунги вукIинчIого вукIине, мекъи ккечIого вукIине ва мекъи ккезавичIого вукIине, дица ритIухълъи хвезабичIого букIине ва диргунги ритIухълъи хвезабичIого букIине, жагьилзабазда релълъенлъи гьабичIого букIине ва цогидазги гьабичIого букIине».

Гьелдего тIаде жубазе лъикIаб буго шайтIаналдаса цIунейиланги.  Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Рокъоса къватIиве вахъарав чияс абуни: «БисмиЛлагь, таваккалту гIала Ллагь, вала хIавла вала къуввата илла биллагь», - абун. Гьесдаги абула: «Гьадайту вакафайту вавакъайту ватанахIхIа гIангьу щщайтIану», - ян.

МагIна: «Аллагьасул цIарал-далъун (рокъоса къватIиве вахъана), таваккал тIамуна Аллагьасде ﷻ. Къуват гьечIо квешаб ва мунагь бугеб жо тезе ва къуватги гьечIо Аллагьасе ﷻ тIагIаталъе Аллагьасдасан гурони», - ян. Гьесдаги абула: «Мун битIараб нухдасан ана, цIунана ва шайтIанги добегIан ана».

Рокъоса къватIиве унелъул салам кьела. Аварагас малъаралда рекъон бусурбабигун дандчIвайдалги, нахъе унелъулги салам кьезе суннатаб буго.

Къо-мех лъикI гьабулеб мехалъ хехго мугъ кьун вуссунге, кIиго-лъабго гали тIамун хадуб гурони. Рокъоса къватIиве вахъунеб мехалъ лъикIаб буго дугIа гьабеян абизеги. Рокъор ругезе лъикIаб буго сапаралде унев чиясе дугIа гьабизеги. Цо-цо асхIабзабаз сапаралъ рахъунеб мехалъ Аварагасда ﷺ гьарулаан дугIа гьабеян ва Аварагасги ﷺ гьезул гьари тIубалаан.

Цебе рехсараб нилъеца гьабуни, Аварагасул ﷺ суннаталда нахъги рилълъун, нилъее щвела кири. Гьеб цIунарав чи Аллагьасги ﷻ цIунила квешлъабаздаса.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...