Аслияб гьумералде

Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.

 

МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз гьабиялъул иш. Гьев гIемер вачIуна нухде ва бажарараб гьабула квалквал букIунаредухъ нухал чIезаризе.

Щибаб къойил нилъерго ишазде машгъуллъун рукIиналъ нилъеда къанагIат гурони бихьуларо гьединал гIадамазул хIалтIи. Амма, гьезул кумекалдалъун, нилъер нухал хутIулел руго лъикIаб хIалалда, бокьараб гьава-бакъалда машина хьвадизе бегьулеллъун.

Хасаб кIвар буссинабизеги бокьун буго МухIаммадица жиндирго хIалтIи рецц-бакъалъухъ гуреб, ракI-ракIалъ гьабулеб букIиналдеги. Нилъер диналъги хасаб кIвар гьабула гIадамазе пайдаялъе хIалтIи гьабиялде, нухал къачIаялде, рацIцIа-ракъалъи цIуниялде. «ГIадамазе зарал гьабулеб жо нухдаса нахъе рехиги ккола иманалдаса», - ян абун бугелъулха Аварагасги ﷺ.

Гьарула МухIаммадие щулияб сахлъи, сабру, захIматаб, амма кIвар бугеб хIалтIулъ хадубккунги икъбал, Аллагьасул ﷻ кумек!

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул хIаракат бигьа гьабеги, БетIергьанас кирилъунги хъван батаги.

 

ХIурматгун ХIородаса МахIач

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...