Аслияб гьумералде

Бищунго хIинкъараб къо

Бищунго хIинкъараб къо

Бищунго хIинкъараб къо

Къуръан буго Аварагасул мугIжизатазул бищун кIудияб. Гьеб ккола Аллагьасул калам. Гьелъулъ руго насихIатал, шаргIиял хIукмаби, гIелмиял баянал, цересел умматазул къисаби, дугIа-тасбихIал гIадал инсанасул гIумруялъулъ дандчIвалел ишазул рехсей.

 

Къуръан бикьун буго, бутIаби гьарун, жузъуязде, гьелъулъ руго сураби, цо-цоял халатал, цогиял къокъал. Амма къокъал ругониги цо-цоял руго жал цIалидал кIудияб ажру хIасуллъулел. Гьединазул цояб ккола «Залзалат» («Ракь багъари» абураб) (Иза зулзилатил арзу зилзалагьа…) сураги.

Гьеб буго Къиямасеб къоялъул хIакъалъулъ бугеб сура. Ракь багъариги лъугьун, ракьалда тIаде бачIине буго жаниб букIанщинаб. ГIадамалги, рукьбуздаса цIидасан чIаго гьаризе руго, цо бакIалде данделъун, щибаб лагаялъ загьир гьабизе буго жиндир хважаинас гьабураб гIамал, зарал, зиян.

ХIукму, тамихI дандежо гьабиялъул къоялъулъ бугеб. Жидеца лъикIаб гьабурал гIадамазда, кигIан гьитIинаб, заррагIанасеб гьабун батаниги, бихьизе буго гьелъухъ БетIергьанас ﷻ гьабизе бугеб жазаъгун кири. Квешаб гьабураздаги бихьила нахъегIанаб мунагьалде кколеб гIамал ва гьелъухъ тамихI, жазаъ, гIакъуба. ХIакъикъаталдаги пикру гьабурав чиясе гьеб буго кIудияб насихIат, гIелму, кантIизари, вагIза ва бергьун хIинкъи кьолеб сура.

Гьеб сураги цIализе бегьула бокьараб заманалда, как балелъулги цогидаб ишалъулъги. 

Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъул Бичасул Аварагасдаса ﷺ рачIарал гIезегIан хIадисал руго. Ибну ГIабасидасан бицун буго Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин: «Суратул «Залзалат» цIаларав чиясе, гьеб бащалъула бащдаб Къуръан цIалиялда. Суратул «Ихлас» цIаларасе абуни, гьеб бащалъула Къуръаналъул лъабго бутIаялъул цоялда. Суратул «Кафирун» (Къул я аюгьал кафирун…) цIаларасе абуни, гьеб бащалъула Къуръаналъул ункъо бутIаялъул цоялда», - ян.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица гьеб сураялъул ахирисеб кIиго аят рикIкIунеб букIана хас гьабун кинабго жо жанибе бачараблъун. ХIадисалдаги Аварагас ﷺ абун буго «Залзалат» сура бащалъулин Къуръаналъул бащадалда. Щайин абуни, Къуръаналъул хIукмабигун къанунал рикьарал руго: тIаса ине бугеб дунялалъулги, абадиялъ нахъе хутIизе бугеб Ахираталъулги кIиго бутIаялде, амма гьаб сураялъ абуни тIуран жанире рачун руго дунялалъулги ахираталъулги къанунал (Тирмизи, Байгьакъи). Анас ибну Маликидаса бицун буго Аварагас ﷺ гьеб кIиябго ахириселде абунин гIажаибал, камил гьарун тIурарал, кинабго жанибе рачарал аятал ругин абун.

Гьеб буго пикру гьабун жинда тIад ургъарав гIалимавлъун лъугьинавулеб сураги. «РухIул баяналда» бицун буго, пуланаб нухалъ Аллагьасул ﷻ Расуласухъе ﷺ вачIанин цо чи ва абунин:

- Я Аллагьасул ﷻ Расул! Духъе БетIергьанас кьуралдаса щиб бугониги малъе дида, гьелдаса дие пайда букIине, - ян.

Цинги Бичасул Расулас ﷺ цеве ахIун вуго асхIабзабазул цояв ва абун буго:

- Гьав чиясда Къуръан цIализе малъе, - ян.

АсхIаб, Аварагасул ﷺ амру тIубазабун, гьев чиясда Къуръан цIализе малъун, «Залзалат» сура гьесие бицине лъугьуна. Ахирисел аятазде щун:

فَمَن يَعْمَلْ مِثْقَالَ ذَرَّةٍ خَيْرًا يَرَهُ وَمَن يَعْمَلْ مِثْقَالَ ذَرَّةٍ شَرًّا يَرَهُ 

«ГьитIинаб, мискъалу зарра-гIанасеб лъикIаб гIамал гьабун щив чи вугониги, гьесда гьеб бихьила ва гьединго квешаб гIамал гьабун щив чи вугониги, гьесдаги гьеб бихьила», - (абураб магIнаялъул гьал ахирисел) аятал цIалидал, гьес асхIаб чIезавула ва абула:

- Дие гьаб гIела, - ян.

АсхIаб гьесул рагIабазда гIажаиблъула ва гьикъула:

- Дуе гьеб лъай гIезейищ гIелеб? - абун.

Дов чияс абула:

- У, гьаб лъараб жо дие гIела, - ян.

Цинги асхIаб Аварагасда ﷺ аскIове уна ва ккараб жо гьесие бицуна. АсхIабасе жаваб гьабун Аварагас ﷺ абула:

- Живго те, гьанже гьев лъугьана (диналъулъ гъваридал магIнаби ричIчIизе кIолев) гIалимавлъун, - абун. (Абу-Давуд)

Цогиги, гIемерисел чагIазул букIуна къаси бусада вегизе вахунелъул батIи-батIиял дугIаби, Къуръаналдаса гIисинал сураби цIалулеб гIадат. Гьеб мехалъ цIализеги кутакалда лъикIаб сура буго «Залзалат». Бичасул Аварагас ﷺ абун бугелъул: «Къаси заманалда суратул «Залзалат» цIалун щив чи вугониги, гьесие гьеб бащдаб Къуръан цIалиялда бащалъила», - абун (Абугьурайрат).

Гьеб сураялъ бичIчIизабулеб буго нилъер гIумруялъул ахир ккезе бугелъул, гьабулеб щибаб гIамалалъул пикру гьабун кинабго шаргIалда рекъараб хIалалда гьабунани лъикI букIине бугеблъи, лъикIаб гьабиялде гьесизарун квешалдаса нахъе къай.

Аллагьас ﷻ кантIи кьеги лъикIаб гьабизе, квешаб тезе!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...