Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кIалъай

Аварагасул ﷺ кIалъай

Аварагасул ﷺ кIалъай

Авараг кIалъалев вукIана бицунеб жо инсанасда бичIчIулеб хIалалда.  Жакъа цо-цоязе бокьула гIакъилаб каламалдалъун, гъваридаб пикруялдалъун кIалъазе. Гьел гьедин кIалъалеб мехалда гьез бицунеб жо гIадатиял гIадамазда бичIчIизеги захIмалъула. Гьайгьай гьеб гIакъиллъи гуро ва Аварагасул гьедин кIалъалеб гIадатги букIинчIо.

 

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул расул ﷺ кIалъачIо нуж гIадин хехго, гьесул кIалъай букIана къокъаб ва баянаб. Гьес бицараб аскIов вугесда ракIалдаги чIолаан», - ян. (Имам Тирмизи)

Щибаб рагIи Аварагас ﷺ абулаан гIинтIамулесда бичIчIуледухъ ва ракIалда чIоледухъ. 

МухIаммад ибну ЯхIяца бицана Абу Къутайбат Салму ибну Къутайбатидасан, гьесги ГIабдуЛлагь ибну Мусаннасидасан ва гьесги Анас ибну Маликидасан: «Аварагас ﷺ абураб жо лъабго нухалъ такрар гьабулаан бичIчIизе букIине», - ян.

Гьелъул магIна кколаро щибаб рагIи Аварагас ﷺ такрар гьабулеб букIанин абураб. Такрар гьабулеб букIана гIадамазухъ балагьун. Гьедин такрар кидаго гуро гьабулебги букIараб. Щайгурелъул такрар гьаби хIажат гьечIеб бакIалда кIалъаялъул берцинлъи букIунаро. 

Мула ГIали Къарияс абуна, тIоцебесеб нухалда Аварагас ﷺ абулеб букIун батулин рагIизе букIине, кIиабилеб нухалда - халгьабизе ва лъабабилеб нухалда - пикру гьабизе.

Аварагасул ﷺ кIалъай букIана къокъаб, магIнаяб. 

ХIасан ибну ГIалица гьарула имгIаласда, ай Гьинд ибну Аби Гьалатида, Аварагасул ﷺ сипат гьабеян. Гьев вукIиндалха Аварагасул ﷺ сипат гьабизе лъалев чи. Гьес абула: «Гьев вукIана кидаго пашманлъиялда, пикру гIемерав, рахIат гьечIев, вуцIцIун чIарав, хIажат ккун гурони кIалъай гьабуларев. Каламги байбихьулаан ва лъугIизабулаан Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун. Гьесул кIалъаялъулъ мукъсанлъи ва цIикIкIен букIинчIо. КIалъалев чиясда аскIов хъачIав ва кIарчанлъи гьабулевлъунги вукIинчIо. НигIмат кIодо гьабулаан, кигIан гьитIинаб бугониги, ва гьеб какичIо. Дунял ва гьелда хурхаралда ццим бахъинчIо, хIакъаб жо толеб бихьидал, гьеб тезегIан ццимги бахъунаан. Жиндиего гIоло ццим бахъинчIо ва живго вацIцIад гьавичIо. Вохидал, бералги къанщун, балагьи гIодобе гьабулаан. ГIемерисеб мехалъ гьесул велъи букIана гьимилъун», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...