Аслияб гьумералде

Балагь-къварилъи

Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине, кида-къадги ахираталъул заманги бачIине бугеблъи, жиндир хIалкIвей гьечIолъи, Аллагьасде вортизе ккей.

 

ТIабигIиял тIадерачIинал руго жиндилъ хасаб гIакълу, дарс, сабру гьабиялдалъун мунагьаздаса рацIцIалъиялде ва хIалхисун лъугьиналдалъун талихIкъосиналде рачине рес бугел гъваридал гIаламатал.

Сундуе гIоло букIине рес бугеб тIаде бачIунеб къварилъи абуни, цо-цо мехалъ гьеб букIуна иманалъул хIалбихьилъун. Къуръаналда абун буго (магIна): «Нижеца иман лъунин абун гIадамазда ракIалде ккунищ бугеб гьезул хIалбихьи гьабизе гьечIин», - абун («ГIанкабут» сураялъул 2 аят).

Мунагьазухъ тамихIлъун ва кантIизарилъун. Тарихалда гIемерал лъугьа-бихъинал ккана жидер аварагзабазда божичIел умматазе батIи-батIиял тIабигIиял балагьаздалъун тамихIал гьарураб. Амма, алхIамдулиллагь, Аллагьасул ﷻ рахIмат ккола муъминзабазе тамихI гьабизегIан цебеккун рес кьун бугеб тавбу гьабизе. Гьелъ буго тIаде бачIараб гIиси-бикъинаб тIабигIияб хиса-баси нилъее кантIизарилъун бихьизабун бугеб Аллагьасул ﷻ ццим щвелалде.

Мунагьал чури ва макъам борхизабилъун. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасе ﷻ Жиндирго лагъасе лъикIлъи бокьидал, Гьес ﷻ лагъасе дунялалдаго тамихI гьабула (унти-балагь гIадаб тIаде биччан). Амма Аллагьасул ﷻ лагъасда ццим бахъун бугони, гьесул мунагьазухъ гIазаб гьаби Къиямасеб къоялде щвезегIан нахъбахъула», - ян (Тирмизи). ТIабигIиял хиса-басияздалъун чиясе зарал ккей лъугьин букIине бегьула гьитIинал мунагьазе капаратлъун, вацIцIадавлъун ахираталда Аллагьасда ﷻ цеве вахъинелъун.

Гьединаб хIал тIаде щведалги, тIоцебесеб иргаялда, чияс гьабизе ккола сабру. Гьебги гьабизе ккола хIалхиси тIаде бачIараб хIалалъго.

ХIадисалда буго: «Жинде тIаде балагь-къварилъиги щун, цинги сабру бихьизабурав чи вахине вуго лъикIал гIамалал гьариялдалъун вахине вукIинчIев макъамалде», - ян (ибну ХIиббан).

БукIине ккола таваккал ва бичIчIизе ккола кинабго Аллагьасул ﷻ хIукму-хъваялдалъун бачIараб букIин. «Аллагьасул ﷻ амруялдалъун гурони щибго тIаде щоларо лагъасде», - ян абулеб буго Аллагьасул ﷻ Каламалда (сурату «Тагъабун», 11 аят). ТIаде биччараб нахъе босулевги Аллагь ﷻ вуго, гьелъ цIунизе ккола таваккал.

Хириял муъминзаби, ахирисел къояз гIемер цIадал ран, лъимал чвахун кIудиял заралал ккана Дагъистаналъул гIадамазе. МаслахIат жиндилъ гьечIеб жо ТIадегIанас ﷻ нилъеда бихьизабуларо. Аллагьас ﷻ щивасе бигьалъи гьабеги бихьараб сабруялда бачине. Цебе букIарарабги, жеги лъикIабги кьун цIигьабеги БетIергьанас! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...