Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Ахирисев авараг щив вукIарав?

– МухIаммад ﷺ авараг.

 

2. Ункъо нухалъ цо сураялда жаниб рехсараб хIайван щиб?

– ГIака (сура «Бакъара»).

 

3. Чанабилел аятазда гьеб рехсон бугеб?

– 67-68-69-71 («Бакъара»).

 

4. Бищун халатаб сура щиб?

– Бакъара.

 

5. ТIоцебе Къуръаналда рехсараб рухIчIаголъи щиб?

– КIкIара.

 

6. Къуръаналда тIоцебе рехсараб чиясул цIар щиб?

– Адам.

 

7. Жинца шапагIат гьабулеб лъеберго аят щиб?

– Сура «Мулк».

 

8. ТIоцебе кIал лъица ккураб?

– Адам аварагас.

 

9. КагIбаялда жаниб рещтIараб аят щиб?

– Сура «Нисаъ», аят 58.

 

10.  Къуръаналда гьел рехсана гьерсихъабилъун, амма гьел алжаналде уна. Щал гьел?

– Гьел ккола Юсуф аварагасул вацал.

 

11.  ХIутI-хъумуралъул цIарал кьурал аятал щал?

–  ЦIунцIра, най, хъанхъра.

 

12. Кинав аварагасул амруялдалъун гьури пулеб букIараб?

– Сулайман аварагасул.

 

13. ТIоцебе «СубхIаналлагь» абураб рагIи лъица абураб?

– ЖабрагIил малаикас.

 

14. «ВалхIамдулиллагь» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– Адам аварагас.

 

15. «Вала хIавла вала къуввата илла биллагьил гIазим» абураб рагIи тIоцебе лъица абураб?

– МухIаммад ﷺ аварагас.

 

16. Жакъа фикъгьиял хIукма-базул мазгьабал чан ругел?

– Ункъо буго нилъехъе щвараб: имам АбухIанифал, имам Маликил, имам ШафигIил, имам АхIмадил.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....