Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтиясде

Дагъистаналъул муфтиясде

Дагъистаналъул муфтиясде

АхIмад-хIажи афанди, Дагъистаналъул халиф,

ГIелмуялъул цевехъан, исламалъул иццул кIал.

ГIелму, гIакълу камилав, гIадлу-низам къвакIарав,

Исламалде халкъ цIалев, цIар тIалаб гьабуларев.

 

Ракълие керен кьурав, кьалуде мугъ рехулев,

Халикъасул нухдасан гIалам данде бачунев.

Аллагьасул хIалкIолъи, унго, хIикматав инсан,

Исламалъул нух ккурав тIарикъаталъул устар.

 

ЗахIмалъаби хIехьарав, къварилъаби раччарав,

Сордоялъ макьу гурев, къоялъул хIалхьи гьечIев.

Халкъалъул ургъалица бадиса магIу тIолев,

ТIолабго гIаламалъул пикру-хIисаб гьабулев.

 

Аллагьасдаса хIинкъун, ХIабибасул амру ккун,

ГIарабазул чалма къан гIумру жинца тIамурав.

ГIелму жиндилъ цIикIкIарав, иман жиндилъ гъваридав,

ВагIза-насихIаталъулъ мухIканлъи жиндир бугев.

 

ГIарабиялде ритIун гIолохъаби куцарав,

ТIолабго Россиялда гIелму загьир гьабурав.

Пакъирав рехун течIев, къваридав вакъун течIев,

Дагъистаналъул имам - АхIмад-хIажи афанди.

 

ТIолго дур муридзаби дуе мутIигIал руго,

Гьезул берцинаб кьералъ Дагъистан тIегьан буго.

Мадрасаби хьихьулел, мажгитал къачIан кьолел,

Киналго муридзаби дур дугIаялъ ккун руго.

 

Щукру, алхIамдулиЛлагь, рецц Аллагьасе буго,

Мун нахъа вукIин буго халкъалъул цохIо рохел.

Дур сабурлъи камилаб, каламги дур хIеренаб,

ГIелмуялъул тIахьазда бицун буго кинабго.

 

Даим цолъун хутIаги исламалъул жамагIат,

ЖахIда-хIусудалдаса Аллагьас нуж цIунаги.

Рохелал гьарзалъаги, гьабулеб нухда ккаги,

РекIел мурадал тIуран, сахлъи щулияб кьеги.

 

ТIолалго устарзаби - баркаталъул ралъадал,

ТIолалго муридзаби - ралъдалъе чвахулеб лъар.

ТIолалго бусурбаби - тIарикъаталъул агьлу,

Расуласул баркат щун Алжан насиб гьабеги.

 

ГIайшатбика, МагIлиб росу

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...