Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Морж

 

ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.

 

Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим цIорораб бугебгIан бакIалда ракI кьабулеб буго хIинцго. Гьедин бажариялъ кумек гьабулеб буго гьезие согIал квачал ругеб бакIазда гIумру тIамизе.

Гьез, гIемерисеб нухалъ, гIумру гьабула къокъабиккун, дандчIвала жалго-жидедаго чIаралги. 

Гьоркьохъеб къагIидаялда гIумру гьабула 27-30 соналъ. Бихьиналъул цIайи бахуна 800-1700 кг, цIуялъул – 400-900 кг, чорхол халалъи бахуна 4 метраялде. Гьабураб тIинчIалда букIуна 25-30 кг.

Бихьинаб моржалъул горбол гIурхъиялда букIуна гьаваялъул цIураб къвачӀа, гьелъ рес кьола гьезие лъеда тӀад чIун кьижизе.

Дунялалда тIад бугин рикIкIуна гIага-шагарго 250 000-гIанасеб морж.

КӀудиял моржазул къватIире раккарал гажазул халалъи бахуна 1 метралде ва цIайи - щуго килограммалде. Рехъалъ букӀине бегьула 2000-гIанасеб морж.

Гьезул аслиял тушбабилъун руго касатка абураб дельфин ва хъахIаб ци.

ХIухьел босичIого гьезда кIола лъелъ 20 минуталъ чIезе. Лъабго соналда жаниб цо нухалъ гьабула тIинчIги.

Гьезулъ бугеб хIикмалъи буго, халатккун бакъукь чIедал тIомол кьер хиси.

Кьаралъиялъул гъат бахуна 10-11 сантиметралде щвезегӀан биццалъиялде, гьелъ гьезие кумек гьабула хинлъи ва къуват цӀунизе. Чорхол цIайиялъул ункъил бутIа букIуна кьаралъиялъулги.

ЧIахIиял жал ругониги гьезда кӀола, мугъги гуризабун, нахъисеб бохалъ (ласт) гъванща хъасизе.

Аслияб квен букIуна ччугIа, амма кванала цогидабги, ай хун батараб жоялъул гьанги.

Лъелъа къватIире рахъунелъул кумекалъе гажал къазарула цIоролъ яги гIурдада.

Санал ранагIан къаркъалаялда рас дагьлъула, херлъидал - тIуранго хIулула.

ХIухьбахъи гьабулелъул гьез рагIаллъабаздаса гIебеде чIезарула бихьинал-хъаравулзаби. ГIолохъанал бихьинал дагьал рикIкIад чIола, аслияб къокъаялде журачIого.

Гьезие цIакъ бокьуларо сас. ХIинкъи ккедал гьезул кутакал гьаркьал рахъуна. ТIанчIазе кумек гьабула тIубараб къокъаялъго, лъим ххан унелъул гьел свакани, мугъзадаги раччула.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...