ШагIбан 1442 с.
№6 (2021-03-16)

Сихiруялдаса цiуне

Нилъер заманалда тIибитIараб ва къойидаса къойиде цIикIкIунеб бугеб жо ккола сихIру гьаби, гьелдалъун зарал гIемерлъи. Гьеб гIамал буго чIахIиял...

Заманалъул къимат

Нилъ жанир ругеб заманалъул къимат лъалел чагIи руго советияб улкаялда гIумру гьабун рукIарал. Гьезда бихьидалха доб заманалда рукIарал захIмалъабиги...

Гiарабазул букiараб гiадат

Мадугьал гьечIев чи вукIунарелъул, нилъер аслияб мурадги букIине ккола тIабигIат лъикIлъи, цоцадехун бугеб хурхен щула гьаби. Нилъеда лъазе ккола...

Гьолокьа ХIажимухIаммад

ХIажимухIаммад гьавуна Шамил районалъул Гьолокь росулъ, 1936 соналъул 15 июналда. ГьитIинго гьесул букIана гIелмуялде ва тIарикъаталде гIажаибаб...

Гьересиял аварагзаби

Къиямасеб къоялъул гIаламат Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан ккола жал аварагзаби ругин чIарал гьагал, тохал гьерсихъаби рахъин....

Ковидалъ унтани щиб гьабилеб?

Щивав чиясул хьул букIуна хас гьабун жив унтизе ватиларин абураб. Амма пандемиялъул заманалда гIемерав чи унтана. Гьединаб мехалда бусурманчияс щибха...

Щибаб итниялъ бигьалъи щолев

Авараглъи кьун хадуб тIоцебесеб заманалъ Аллагьасул расулас исламалде гIадамал ахIулел рукIана балъго. Хадуб, «Дуца хIинкъи кье дурго гIагарал...

Лугбазул мунагьал чури

Какичуриялда вукIин цIакъ беццараб иш буго. ГIалимзабаз хIаракат бахъулаан какичури гьечIого гIелмуялъул тIахьал кодоре росичIого тезе. Цо гIалимчи...

ЖабрагIил афанди Лакити

Жинда Аллагь разилъаяв ЖабрагIил афанди гьавуна ЦIахуралда. ГьитIинго гьесул хъизан гочана ЦIоралда бугеб Лакити абураб росулъе. Гьев вукIана ракI...

Нужее баяналъе

1. Абубакарил ясал ГIаишатищ яги Асмайищ кIудиял рукIарал? – Асма. 2. Абубакарил инсул тIокIцIар щиб букIараб? – Абу КъухIафа. 3. Ансаразда...

ТалихIалъул микьго нуцIа

ТIадегIанав Аллагьас, Жиндирго хIикматалдалъун ва нилъее мисаллъун букIине, Жиндирго рокьулел лагъзадерида гьоркьор ккарал гIемерал лъугьа-бахъинал...

Гьоболлъи гьабиялъул хиралъи

Аварагас абун буго: «Щив вугониги гьобол вачIин рихун, гьев ккола Аллагь рихарав чи», - ян. Цо къоялъ авараг анила бечедав чиясда аскIосан, амма...

Нухда ритIун хьвади – ислам цIуни

Ахираб кIиго моцIида жаниб цIакъ гIемер рагIулеб буго нухазда авария ккеялъул хIасилалда гIумруялдаса гIадамал ратIалъиялъул бицунеб. Гьелъул...

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

ХIакъикъат лъаялда хIинкъун руго Дирги чIужуялъулги лъимал рукIинчIо. КIудияв вацас жиндирго вас кьуна нижее. Гьев васас нижеда эбел-эменинги абула....

Лъималазе тарбия кьеялъул нух

Лъималазе битIараб тарбия кьей ккола бищун кIвар бугеб ва эбел-инсуда тIадаб иш. Щайгурелъул лъимал ккола Аллагьас аманат гьарун эбелинсухъе кьурал...

Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

Щиб гьабилеб тIубараб гIумруялъ куфруялдаги вукIун, ахиралда, хвелалде цебе шагьадатги битIун хварасул чиясда? Бусурбанчилъун гьев рикIкIинелъун...

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Кинал чагIи нужеца лъималазе мисаллъун рачунел» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго...

Цо-цо гьукъарал пишаби

СихIру ккола, цIваби ракки-тIерхьиналъул хIисабалда рекъон, батIибатIиял магIданазул хаслъабиги лъазарун, гьездаса жиндие сихIру гьабизе бокьарав...

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...