Аслияб гьумералде

ХIажаталъув ватарав ГIали

ЛъаратIа росу

ХIажаталъув ватарав ГIали

«Нилъергоанищ чи, чорхолъго анищ рухI» абурал рагIабазул магIна бичIчIула къваригIел ккун хIажалъи тIубазе хIалае чи щоларого хутIараб мехалда. Хасго гьединав чи ватизе бокьула чияр ракьалде ккедал.

Москваялда къваригIел тIубазе хIалае чи ватана ХIажиев Сайпулагьидаги. ГIурус ракьалда гIумру гьабун вукIарав инсул вац къадаралде щун, Сайпулагьие хIажат букIана гьев гIагараб росулъе восизе ва киналго хварасда хадур гьаризе кколел хIукъукъал тIуразе чи.

Гьеб киналъулго ургъел тIаса босизе хIалае, хIуби гIадин аскIов эхетизе ватана, Дагъистаналъул муфтияталъ витIун Москва областалъул Истра шагьаралда имамлъун чанго соналъ хIалтIулев вугев нижерго районалдаса (ЛъаратIа район) ХIасанов ГIали.

ГIалил гIаданлъиялъулги гIадамазе гьабулеб кумекалъулги гIемер рагIун букIана. Руго гьесие щварал шапакъаталги, баркала загьир гьабурал кагъталги, хIатта Истра шагьаралъул бетIерас ва Дагъистаналъул муфтияталъ кьуралги.

РагIун гуребги бихьизеги рес щвана нижее, ХIажиевазул тухумалъе, ГIалил гIаданлъиялъулги гIадамазе бугеб кумекалъулги. Жаназа чуриялдаса байбихьун кинабго кколебщинаб хIалтIи гьабуна ГIалица. Дагъистаналде ине машинаги балагьана гьес. Нухда къваригIараб-тараб ккани букIине живго цадахъги вилъана. Хварав абадияб рокъове тIовитIун хадуб гурони тIадвуссунги инчIо.

ГIалие гьеб гIадатияб ишлъун букIун батаниги, гьес гьабураб кумек нижеда гIумруялъго кIоченаро. Аллагь разилъаги гьесдаса, гьесул тIалабалдалъун нижее рес щвана щибго квалквал ккечIого инсул вац гIагараб ракьалде восизе.

ХIажиев Ражабил гIагарлъиялъги тIолабго росдал жамагIаталъги халатаб, талихIаб гIумруги, щулияб сахлъиги гьарулеб буго ГIалие. Ниж гIадин Аллагьги разилъаги дудаса, дунял-ахираталъул мурадалги тIураги.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...