Аслияб гьумералде

Нухда ритIун хьвади – ислам цIуни

Нухда ритIун хьвади – ислам цIуни

Нухда ритIун хьвади – ислам цIуни

Ахираб кIиго моцIида жаниб цIакъ гIемер рагIулеб буго нухазда авария ккеялъул хIасилалда гIумруялдаса гIадамал ратIалъиялъул бицунеб. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца цебеги гIемер бицун букIаниги, гьанжеги гьелде тIадруссине тIамулел руго пашманал лъугьа-бахъиназул хIасилаз.

Авария ккеялъе тIоцебесеб гIилла буго машина бачине бихьизабураб низам (ПДД) цIунунгутIи. Цо-цоязда ракIалде кколеб буго гьеб кIвар гьабизе ккараб жо гурин абун. Амма гIалимзабаз абулеб буго гьеб бугин цIакъ кIвар кьезе кккараб хIужайилан. Щайгурелъул низам цIуничIолъиялъул хIасил бараб букIуна жиндирго ва цогидазул гIумру цIуниялда. Гьелъул хIасилалда гIумруялдаса чи ватIалъани, инсан чIваялъул хIукмуги гьелде тIаде бачIуна.

Машина бачиналъул низам цIуниги букIине ккола ракIбацIцIадго, сундухъго балагьичIого. Масала, нухда полициялъулав яги камера бугони, низам цIунизе хIаракат бахъула. Гуреб мехалъ тIалабго гьабуларо. Гьеб битIун гьечIо. Гьабулебщинаб букIине ккола гIицIав Аллагьасе гIоло, низамги цIуниги бихьизе ккола БетIергьанас нилъехъе кьураблъун ва Гьесул амру тIубалевлъун живгоги вихьизе рекъола.

Гьаб заманалда гIемерисел авариял гьарулел руго гIолохъабаз. Гьезул гIедегIиялъ рачунел руго пашманал хIасилазде. Гьедин бугелъул эбел-инсуца, гIагарлъиялъ кантIизаризе ккола гIолохъаби сабру гьабиялде, низам цIунизе ккеялде. Гьединаб кIвар кьечIони, нилъ щибаб къойил кколел ругел авариязул жаназаби рукъулел хутIизе руго. Унтилалде бухьейин бетIерилан абураб аби буго умумузул. Гьединлъидал гьелъул пикру гьабизе ккела щивав чияс.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...