Аслияб гьумералде

РабигIул аввалалда дандчIвай

РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял бусурбабаз аварагасул мавлид кIодо гьабулаан. Гьеб гьабиялъе руго гIемерал хIикматал, далилал ва гIиллаби. Гьале гьезул цо-цоял.

 

ТIоцебесеб. Авараг ﷺ вокьизе, хIатта нилъер лъималаздаса, буголъиялдаса ва нилъго нилъедасаго, бусурбабаздаса тIалаб гьабун буго Аллагьас ﷻ. Гьайгьай, цогидалда гьоркьоб, гьев гьавиялдаса рохизеги.

КIиабилеб. Аварагас ﷺ живго гьавураб итни къоялде кIвар кьолаан. Гьес итни къоялъ кIал кколаан. Щай гьедин гьабулебин гьикъидал, аварагас ﷺ абуна: «Гьеб къоялъ дун гьавуна», - ян. Гьаб кьучIаб хIадис гIеларищ бичIчIи бугев чиясе. Аварагас ﷺ рецц гьабулаан Аллагьасе ﷻ гьес живго вижаралъухъ, гIумру кьуралъухъ, халкъалъе рахIматлъун витIаралъухъ. Бусурбабаздаги рекъеларищ аварагасда ﷺ нахърилълъун, гьес гIадин щукру гьабизе.

Лъабабилеб. Мавлид буго авараг ﷺ гьавиялдаса рохел загьир гьабун, гьев вокьиялъул мажлис гIуцIизе бусурбаби данде ракIари. ХIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ щивав чи вукIине вуго жидеего рокьаралгун цадахъ», - ян.

Ункъабилеб. Авараг ﷺ гьавиялъул, гьесул ﷺ гIумруялъул ва авараглъиялъул бициналдалъун лъай цIикIкIуна. Лъалеб букIаразда ракIалде щола. Аварагасде ﷺ рокьи цIикIкIуна. Иман щулалъула. Живго Аллагьаслъидал ﷻ Къуръаналда, цересел аварагзабазул гIемерал къисаби рехсон ругел. Дур ракI щула гьабизелъун рицунел ругин гьел къисабиян баян гьабуна Аллагьас ﷻ аварагасе ﷺ.

Щуабилеб. Аварагас ﷺ сайгъатал кьолаан шигIрабалъ живго веццарал шагIирзабазе. Гьеб кколарищ аварагасﷺ жив веццизе ихтияр кьей.

Анлъабилеб. Исламалда цIакъ беццараб буго бусурбабаз цадахъ данделъун гIибадат гьаби. Садакъа кьеялъул хиралъабазулги бицинейищха ккелеб.

МухIаммад аварагасулъ ﷺ буго щивав бусурбанчиясе кутакаб мисал – Аллагьасе ﷻ мутIигIлъиялъулъ, гIибадат гьабиялъулъ, зикру бачиналъулъ, мунагьал чури тIалаб гьабиялъулъ, тавбу гьабиялъулъ, хIалимлъиялъулъ, тIаса лъугьиналъулъ. МухIаммад аварагасул ﷺ хIукъукъаздасан буго: гьесул ﷺ цIар рагIараб мехалъ, гьесде свалат битIи. Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ ва Гьесул малаикзабаз свалат битIулеб буго МухIаммад аварагасдеﷺ. «Ле, гьал иман лъурал чагIи! БитIе нужецаги гьесде свалат ва саламги», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Щив чияс битIаниги диде цохIо свалат, Аллагьас ﷻ гьесде анцIго битIула», - ян. Гьанже нужго ургъеха, хириял диналъул вацал, кигIан кIудияб даражаялде нилъ щолел ругел аварагасде ﷺ кIванагIан свалат битIани. Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги гьеб битIизе.

РачIа, бусурбаби, гьаб соналъги лъикIаб хIадурлъи гьабилин гьеб хирияб моцIалде. Гьаб заманалда гIемерал ресал руго жинда жаниб бугеб жо къватIибе загьир гьабиялъе. Телефоназда гьарулел статусаздаса бахъараб, рукъа-бакI къачIаялде щвезегIан. Гьеб киналдаго жаниб гьабизе бегьула Бичасул аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бугеб ракIалдещвей.

Аллагьас тавпикъ кьеги киназего! Амин!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...