Аслияб гьумералде

МигIражалда бихьараб

МигIражалда бихьараб

Дунялалъул рокъор рукIаго щивав чияс кидаго тIалаб гьабула сахлъиги, халатаб гIумруги, херлъи гьечIеб гIолохъанлъиги. Гьеб кинабго тIалаб гьабиялда тIад инабулеб буго тIубараб гIумруги. Ахирги херлъун, загIиплъун, унтун ватулев вуго. Гьединги вукIаго, ракIалдаго гьечIого, хIадурлъи гьабичIого холевги вуго.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Гьаб суалалъе жаваблъун букIине бачинин Бичасул аварагасул мигIражалде иналдаса цо гьитIинабго бутIа. МигIражалде вачараб сордоялъ хирияв аварагасда бихьизабуна Аллагьас алжанги жужахIги, гьеб кIиялдаго жаниб бугеб жоги. Алжаналъул хIакъалъулъ бицунаго Бичасул аварагас абуна: «Алжаналде жанире гьелъул агьлу рачIараб заманалда ахIулеб рагIула: нужее буго жинда хадуб тIокIаб унти гьечIеб сахлъи, жинда хадуб хвел гьечIеб даимаб чIаголъи, жинда хадуб херлъи букIунареб гIолохъанлъи ва кидагосеб нигIмат, ай гьоркьоса къотIи гьечIеб», - ян.

Балагьеха, бусурбаби, панаяб дунялалдаги рукIаго нилъеца тIалаб гьабулеб бугеб жо релълъунеб гьечIищ алжаналъул нигIматазда? Дунялалдаго алжан лъие щолеб жо? БукIунищ гьедин? Хирияб хIадисалда гурищ бугеб, дунял бугин муъминчиясул туснахъин абун. Цоги хIадисалда гьечIищ дунял питнаялъулги къварилъиялъулги рукъ бугин абун?

Гьединги букIаго, гьелъул бицунел гIалимзабиги рукIаго, хун унел кьерилал, гIага-божаралги рихьулаго нилъеца тIалаб гьабулеб бугеб рахIатги нигIматги щибха? Чан чи нилъеда вихьарав, дунялги гIуцIун, гьелдаса пайда босизегIан хутIичIого ахираталде арав. Гьесул боцIиги бищунго гьесда дунялалда рихарав чияс пайда босулеб батула гIемерисеб мехалъ.

Исламалъ нилъеда щиб тIад къалеб бугеб? Аллагьасе гIибадат гьабун, Гьесул амру-нагью тIубан гIумру гьабейин гурищ? РачIаха хIисаб гьабилин нилъерго хьвадиялъул. Сордо-къоялда жаниб кигIанасеб заман гIибадаталда тIамулеб бугищали? Гьеб мехалъ бихьула нилъерго хIал.

Гьелде тIадеги, нилъеца жеги цIикIкIараб кIвар кьолеб буго нилъ гурел цогидал гIадамазул хьвадиялде, гьезул гIумруялде. ЦIикIкIарасеб заман тIамулеб буго гьезул хIакъалъулъ бицунаго. Амма гьеб киналъго нилъее зарал гуреб щибго пайда кьезе гьечIо.

Гьеб ишалъул бакIалда нилъерго гIибадат роцIцIинабуни, устарас тIадкъараб мухIканго тIубазабуни кIиябго рукъалъул талихIалда кверщел гьабилаан. Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе! Амин!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...