Аслияб гьумералде

Ковидалъ унтани щиб гьабилеб?

Ковидалъ унтани щиб гьабилеб?

Щивав чиясул хьул букIуна хас гьабун жив унтизе ватиларин абураб. Амма пандемиялъул заманалда гIемерав чи унтана. Гьединаб мехалда бусурманчияс щибха гьабизе кколеб?

Нилъеда лъалеб жо буго сундулъго тIоцебе нияталъухъ хал гьабизе кколеблъи. Гьединлъидал бусурманчиясе рекъола ният бацIцIад гьабизе, ай унтудаса цIуниялъул тадбирал ва унтуе дару гьабулаго Аллагьасда гьаризе сахлъи кьегийин абун. Гьединго суннаталда нахърилълъун хьвадизеги. Бусурманчиясда лъала Аллагьасул изну гьечIого щибго жо лъугьунареблъи, кинабго Гьесул къадаралда бараб букIин.

Дунялалъул рокъоб кколебщинаб Аллагьасул рахъалдасан хIалбихьи буго ва захIмалъиялда хадуб бигьалъи букIунеблъи нилъеда лъала хирияб Къуръаналдасан. ХIатта килщида рукIкIен хIунсарабгIанасебги балагь бачIунаро чиясде мунагь чуриялъе яги даража тIадегIан гьабиялъе гурони. Гьеб киналъего кьучIал далилал руго Къуръангун хIадисалда.

Сундуего сабаб бугелъул, бусурманчияс жиндиего цIодорлъиги тохтурзабаз малъарабги гьабизе ккола.

Щибха гьабилеб унтани?

Унтабазда цадахъ БетIергьанас даруги бижун буго. Унтиги балагькъварилъиги сабаблъун буго къадаргун хIукму билълъанхъиялъе. Аллагьасул изну гьечIони, кигIан унтаниги чи холаро, хвезе хъвараб заманалда унтиги къваригIунаро.

Амма унти тIаде бачIани, сабру тIагIунги лъугьине бегьуларо, къадаралда разилъун, Аллагьасде хьулгун бачIараб къо борхизе жигар бахъизе ккела. Унтулъги Аллагьасул рахIмат букIуна.

Бищун гIемер балагьал, захIмалъаби, хIалбихьиял БетIергьанас Жиндирго аварагзабазде, вализабазде, Жиндие рокьулел лагъзадериде риччалинги бугелъул. Нилъ лагъзал ругелъул, тIаде бачIараб хIехьон рукIине ккола, хIехьезе кIолареб Аллагьас лагъзадеридеги тIамуларо. Нилъ унтиялъулъги гIемерал хIикматал рукIуна, нилъеда лъаларел ва нилъер гIакълу хадуб гъолареб.

Больницаялде унаго хулжал хIадуре

Цадахъ щиб босилебин гьикъани, бищунго хIажатал жал ракIарила. Гьелдаго цадахъ, цIакъ пайдаяблъун букIина рухIияб лъай борхизе тIехь, интернет хIалтIизабулез гьениса росизе бегьула жидеего хIажатал диниял хIукъукъал. Амма кIвар кьезе ккела телефон, гIадада заман чIвачIого, пайдаялъе хIалтIизабиялде.

Какикь тIамулеб жо хIажалъила, къибла щиб рахъалда бугебали лъазабила, какил заман мухIкан гьабила. КвегIенал жал рукIуна махIсумачуял, хасго хасалил заманалда.

Больницаялде щведал…

Больницаялда рукIуна жидежидер диналъул, бербалагьиялъул гIадамал. Щивасул унтиги, гIузруги, гIамалги букIунелъул, сабру гьабила гIамал рекъезабиялъулъ. Тохтурзабаз, Аллагьасе гIоло, унтараздехун берцинаб балагьиги бацIцIадго жидерго хIалтIиги гьабуни, гьезие кIудияб кириги букIуна.

Унтараз как теларо

Исламалда кинабго жо инсанасе бигьа гьабун буго. ХIатта унтаразда рахъун чIун как базе кIолеб гьечIони, гIодор чIун, гьединги кIвечIони -регун, цIакъго захIматаб хIалалда ругони - бетIер гьанкIун, бераз ишара гьабунги как базе ихтияр кьун букIаго, гIакълулъаялда вугев чияс как тезе бегьиларо. Чангияз рацIцIалъи гьечIин, ратIлида чороклъи бахун бугин ва цогидал гIиллаби рачунги как бецIилин тола.

БачIого тезегIан, чорокаб ратIлилъги, бажарараб хIалалда рацIцIалъи гьабунги как базе ккола. Гьединал бакIазда исламалда рихьизарурал рухсаби, гIафву гьабун тей, бигьалъаби рукIуна. ГIалимзабазда цIехезе бегьула кин-щиб гьабизе кколебали. Бокьараб суал телефоналдасан ахIун гьикъизе жакъа имамзабиги гIалимзабиги руго.

Унтаразе рухIияб дару кидаго Аллагь рехсей бугелъул, хIалкIун гIадада телефонгун васандилев вукIинчIого истихфаралде, зикрусалаваталде кIвар гьабурав мекъи ккеларо. Гьелъие кумекалъе кодор чIумал ругони, бигьалъула.

Унтаразул дугIа къабуллъиялъе хIужаби ругелъул, Аллагьасда гьардарав пашманлъиларо. Гьаризе жо гьечIев чи вукIунарелъул, хIаракат бахъани, мурадалде щвеялде хьул буго.

Больницаялъул бусада вегизе ккарав чиясе гIемерго лъикI букIина араб гIумруялъул пикру гьабизе. Кинабго ракIалде щвезабун, тавбу цIикIкIинабун, нигIматазухъ шукруялда даимлъун заман тIамизе беццараб буго.

Дару гьабулаго бисмиллагь бахъун, Аллагьасда гьаризе ккела рекIелъаги чорхолъаги унтаби нахъе росагийин абун.

Унтаразул адабал

РацIцIалъи - диналъул бащилъи бугелъул, бусурманчияс хIаракат бахъила сверухъ бакI бацIцIадго чIезабизе. Тохтурзабазул хъатир гьаби, гьез малъараб гьабун хьвади адабалдасан бугелъул, гьелъулги кIвар гьабила. ГIадамазе баркала кьолев Аллагьасеги шукру гьабулевлъун вукIуна.

Тохтурзабазул хIалтIи буго кIвар цIикIкIарабги, захIматабги, жавабчилъи тIадегIанабги. ГIаламалъе фарзул кифаятги гьеб буго, диналъги цIакъ беццула. Аллагьасул хъваялдалъун унтарал сахлъула, къо лъугIарал хола. Амма тохтурзабаз жидехъа бажарарабщинаб гьабизе ккела.

МУХIАММАД ГIАЛИМЧУЛОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


«ЦIидасан пикру гьабе…»