Аслияб гьумералде

Гiарабазул букiараб гiадат

Гiарабазул букiараб гiадат

Мадугьал гьечIев чи вукIунарелъул, нилъер аслияб мурадги букIине ккола тIабигIат лъикIлъи, цоцадехун бугеб хурхен щула гьаби. Нилъеда лъазе ккола мадугьалзабигун рукIине кколеб къагIидаги. Исламияб диналъ гьебги рехсон буго. Масала, цебе гIарабазул гIадат букIун буго мина-рукъ босилалде мадугьал цIехолев. ЛъикIав мадугьаласул рикIкIада вугев гIагарав чиясдаса пайда букIиналъ.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Аварагас абулаан: «Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьаласе зарал-зиян гьабуге, Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьалги кIодо гьаве», - абун (Бухари, Муслим).

Гьев лъабцIул гьедана жиндаса мадугьаласе хIинкъи бугев чиясул камилаб иман букIунарилан. Мадугьаласе жиндаса хIинкъи бугев чи Алжаналде унариланги абун буго. Гьединго гьес абуна: «Дир напс кодоб бугев Аллагьасдалъун лагъасул иман камиллъуларо жиндиего бокьараб жо жиндир мадугьаласеги бокьичIони», - абун.

Мадугьаласе лъикIлъи гьабеянги абулаан. Мадугьаласе къварилъи гьабулев чи жиндие къварилъи гьабулев чи кколин, мадугьалгун вагъулев чи живгун вагъулев чи кколинги абулаан аварагас .

Хирияс абулаан: «Мадугьаласул хIакъ ккола, дудаса кумек тIалаб гьабуни - кумек гьаби, къарз тIалаб гьабуни - къарз кьей, мискинлъани - боцIи кьей, унтани - ваккизе ин, гьесие лъикIлъи щвани, гьесда гьеб барки, балагь бачIани - сабру гьаби, гьев хвани - жаназа букъизе ин, гьесие бокьулеб гьечIони гьесулалдаса минаги борхат гьабун бачIунеб гьурицин гьукъизе бегьуларо», - абун. Мадугьаласда хурхун рачIарал хIадисал цIакъго гIемерал руго.

Гьес абулаан: «ЖабрагIил малаикас мадугьал кIодо гьавеян гIемер васиятал гьариялъ, дида ккана дир ирсилавлъун мадугьал гьавилилан», - абун. Гьединаб куцалда кIудияб хIакъ буго нилъеда мадугьалзабазул. Мадугьалзабилъун ккола кIикъого рукъалда гIагарлъухъ ругел гIадамал. Гьелъул къимат гьабизе ТIадегIанав Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...