Аслияб гьумералде

Щибаб итниялъ бигьалъи щолев

Щибаб итниялъ бигьалъи щолев

Авараглъи кьун хадуб тIоцебесеб заманалъ Аллагьасул расулас исламалде гIадамал ахIулел рукIана балъго. Хадуб, «Дуца хIинкъи кье дурго гIагарал кьолбол гIадамазе. (Гьезда лъазабе Аллагь цо гьавун гьесие гIибадат бацIцIад гьабичIев чиясе жужахIалъул гIазаб букIине бугин)» - абун аят рещтIиндал, байбибихьана аварагас Сафаялъул гохIдеги вахун, рагьун диналде гIадамал ахIизе.

Гьелъул хIасилалда байбихьуда гIадамал данде рахъана, хIатта гIагарлъиялъул цо-цоялгицин. Гьединазда гьоркьов вукIана имгIал ГIабдулгIузаги (Абу-лагьаб). Маккаялъул мушрикиназда цадахъ гьес гьабуна аварагасе дин тIибитIизабиялъулъ аслияб дандечIей ва квалквал.

Аварагасул гIумруялдаса нилъеда лъала, ислам бачIинегIангоги гьев вукIаравлъи ритIухъав, жинда цогидаз божилъи гьабулев, гьитIиназул хIурматги чIахIиязул адабги ккурав чи. Ислам тIибитIизабизе байбихьидал, кигIан зарал гьабулеб бугониги, гьес лъидехунго хъачIлъи яги данде жаваб гьабураб гIамал гьабичIо. Аварагас кинабго хIехьана ва Аллагьас тIад къараб ишги тIубазабуна.

Гьижра гьабун бусурбаби Мадинаялде аниги Абу-лагьабил гьездехун бугеб тушманлъи къотIичIо. Щиб бицунги гьес гIадамал бусурбабазе зарал гьабиялде ахIулел рукIана.

Ахир щибха ккараб?

Маккаялъул мушрикинал бусурбабазде данде рагъ гьабизе Бадруялъул рагъде унел къояз Абулагьабица боцIи-малалдалъун кумек гьабуна рагъухъабазе. Жиндирго бакIалда вагъизе мухь кьун чиги витIана.

Чанго къо гьоркьобги ун, рагъул хIасил лъаялъухъ балагьун чIун рукIуна КагIбаялда аскIор Маккаялъул гIадамал. Гьезда гьоркьор рукIуна балъго дин босарал аварагасул имгIал ГIабасил чIужу Умму Фазл ва гьелъул хъулухъчIужу АбуРафигIат. ТIаде вачIарав Абу-Супяница абуна Бадруялъул рагъда къурайшиял инжитго къунин бусурбабаздасайин. Гьезие кумек гьабулел рукIанин гIажаибго хъахIал, кутакалда къуватал, чуязда рекIарал, жидеда данде чIей гьабизе кIоларел чагIиян.

Абу-РафигIаца абуна гьел рукIун ратулин бусурбабазе кумекалъе рачIарал малаикзабиян. ХъулухъчIужуялъул рагIабазда ццин бахъарав Абу-лагьаб гьелде вортана ва гьей юхизе лъугьана. АскIой яхъун чIун йикIарай Умму-Фазлица, хьолбохъ батараб тIилги босун, Абу-лагьабил ботIролъ кьабуна. Цинги бетIералдаса бачIараб биялъ гьумерги багIарлъун, инжитлъиялда Абу-лагьабги нахъе ана.

Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб Абу-лагьаб квешго унтана ва гIемер къоял гьоркьор инчIого хвана. Цоцо тарихчагIаз рехсолеб буго рес бугин гьев чумаялъ унтун вукIун ватизегиян. Щайин абуни, жидедего унти бахиналда хIинкъун гьесде ваккизе щивго чи ун гьечIо, гьевги хун вуго киназго рехун тун, гIакъубаялда.

Хун хадувги гьев вукъизе ва цогидал ишал тIуразе гьесда аскIове ине лъицаго гIамал гьабичIо. Гьевги хутIана сверухълъиялдаго балканалъул махIги бахъун рехун тун. Лъабго къо гьоркьоб индал, гIадамазул гIайиб чIваялда хIинкъун, чанго кумекчи цадахъги вачун, васал ана гьесул къаркъала нахъе рехизе. Цин гьез, къаркъалаялда тIаде бакIарараб хIутI-хъумур нахъе инелъун, рикIкIадасаго лъим тIуна къаркъалаялде. Хадуб, чIарталги тIаде рехун, шагьаралдаса къватIибе босана гьесул къаркъала ва ганчIазда гьоркьобе рехун тана.

Гьединаб щибго къадру-къимат нахъеги хутIичIого лъугIана Абулагьабил къисмат.

Бицуна гьев хун хадуб лъагIел индал ГIабасида вихьун вугин гьев макьилъилан. ГIабасица бицухъе Абу-лагьаб вукIун вуго кутакаб гIакъуба-гIазабалъулъ.

Гьес абун буго ГIабасида: «Хун хадуб дида гIазаб тун батIияб жо бихьичIо. Цого-цо итни къоялъ дие бигьалъи гьабула», - ян. Гьебги абулеб буго дур вац ГIабдуллагьие вас (МухIаммад ) гьавунин бицине ячIарай лагъ, вохиялъ гьес тархъи сабаблъун бугин.

Аллагьас нилъ гьареги авараг жиндалъун вачIараб шаригIаталъул нух кколеллъун ва гьесул шапагIат щолеллъун! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...