Аслияб гьумералде

Унсоколо

Унсоколо

Унсоколо

Муфтияталъул лъай кьеялъул Унсоколо районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаев дандчIвана Шамилхъала поселокалъул бетIер МалахIусен ХIажиевгун. Гьез бицана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел хIалтIабазул, дандрана батIи-батIиял суалал ва тIадчIей гьабуна районалъул гIолохъабазул хIаракаталдалъун тIоритIизе рес бугел тадбиразда. ДандчIваялъул ахиралда цоцазе гьарана икъбал ва цадахъаб дугIаги гьабуна.

ХУНЗАХЪ

Гъоркьколо росулъа тахшагьаралда чIаразул данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГьитIиновас, имамасул кумекчи МухIаммад ГIабдулхаликъовас, администрациялъул хIалтIухъан Шамил МухIаммадовас ва цогидазги.

КАЗБЕК

Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъ дагьаб цебегIан тIобитIун букIана Дагъистаналъул теологиялъул институталъул цIалдохъабазда гьоркьоб Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьениб тIоцересел бакIал ккуна Казбек районалъул Ленинаулалдаса Салимов АсхIабица ва Дилималдаса Рашидов МухIаммаднурица

Гьел гIолохъабаз бихьизабуна рехсараб районалдаса гIолилал гIелмулъай тIалаб гьабиялъул ургъалида рукIин ва районцоял рохарал руго гьединал студентаздаса. Гьел руго гIадлу-низам бугел, цогидазе мисалияб хьвада-чIвади бихьизабулел гIолилалги.

ШАМИЛ

5 марталда муфтияталъул лъай кьеялъул Шамил районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммад Загьидов щвана Гьоор росулъе ва гIахьаллъи гьабуна рузманалъул какда.

Пуланав чи вачIуна аварагасухъе ва цIехола къиямасеб къо кида букIине бугебилан. Гьеб заманалде дуца щиб хIадурун бугебилан гьикъула аварагас . Дов чияс абула щибго хIадурараб жо гьечIин, амма дие Аллагьги гьесул аварагги вокьулин абун. Гьеб мехалда аварагас абула мун вукIине вугин дуе рокьаразда цадахъилан. Гьелдаса хадуб Анасица бицун буго гьеб калима рагIараб мехалда жидер рохалие гIорхъи-рахъго букIинчIилан.

ГЪУНИБ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Ибрагьим Къулдуев ва Гъуниб росдал имам ГIабдула МухIаммадгIалиев щвана Ругъжаре. Гьел дандчIвана росдал имамгун ва жамагIатгун.

Ибрагьим Къулдуевас имамасда цIехана росулъ динияб лъай кьеялъул мурадалда щиб хIалтIи гьабулеб бугебилан. Цинги гьес бицана цоцазда гьоркьор цIунизе кколел хIакъазул ва вацлъиялда гIумру тIамиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

ГУМБЕТ

Игьали тIобитIана районалъул росабазда гьоркьоб волейболалъул рахъалъ турнир. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадовас, Игьали росдал имам ГIумархIажи ГIумархIажиевас.

Жиндирго кIалъаялда МухIаммад Дибирдадаевас киналго ахIана нилъее кьун ругел нигIматазухъ БетIергьанасе шукру гьабизе ккеялде ва ковидалъул пандемия нахъе къаялъ гьадинал дандеруссинал тIоритIизе рес щвеялдаса рохелги загьир гьабуна. Юнус НурмухIаммадовас абуна гьадинал турнирал тIоритIиялъ кумек гьабулин гьудуллъи-вацлъи щула гьабизе.

МАХIАЧХЪАЛА

ЧIахIиязул хIурмат гьаби – гьеб буго гIолиласул тIабигIатгIамал лъикIаб букIиналъе нугIлъи гьабулеб гIаламат. Гьеле гьединаб темаялда «Ватан» ОАНОялда цIалдохъабазул гIахьаллъигун тIобитIана данделъи ва лъималазе цIалана лекция. ЦIалдохъабазе лекция цIалана муфтияталъул руччабазул отделалъул нухмалъулей МухIаммадова Сидратица.

ЧIАРАДА

Муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизовасул гIахьаллъигун тIобитIана рехсараб отделалъул хIалтIухъаби-руччабазул данделъи. Гьениб Ш. ХIапизовас бицана хадубккун сунде кIвар кьезе ккелебали ва дандрана батIибатIиял суалал.

Дандеруссиналда кIалъана отделалъул хIалтIухъабиги ва гьез рорхана жидедаго дандчIвалел масъалаби. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул лъай кьеялъул районалда бугеб руччабазул отделалъул нухмалъулей Аминат ГIумаровалъ, библиотекаялъул централизованияб гIуцIиялъул директор ПатIимат Закариевалъ, тарихиябгун гIагараб ракь лъазабиялъул музеялъул заведующая Насибат ХIажиевалъ ва гIемерал цогидазги.

ЦIУМАДА

Районалда тIобитIана муфтияталъул лигаялъул рахъалъ волейболалъул турниралъул иргадулаб бутIа.

Турнир рагьиялъулаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, районалъул бетIерасул заместитель МухIаммадрасул Гагиевас, спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул политикаялъул отделалъул начальник ТIалхIат ГIабдулбасировас, культураялъул управлениялъул начальник МухIаммад МухIаммадовас, муфтияталъул мугIрузулаб округалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIалиевас, «Ас-салам» газеталъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановас ва гIемерал цогидазги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...