Аслияб гьумералде

Баркала МухIаммад-хIажие

Баркала МухIаммад-хIажие

Бавтугъаялъул росдал жамагIаталъе бокьун буго, «Ассалам» казият гьоркьоб ккун, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе нижгун цадахъ росулъ гIумру гьабун вугев ГIурадаса ГIумаров МухIаммад-хIажие.

Гьев вуго нижер росулъ Аллагьасе гIоло жиндаго бажарараб хIалтIи исламалъе гьабулев сахаватав чи. МухIаммад-хIажи вуго нижер росулъ «Ас-салам» казияталъул жавабияв, росдал мажгиталъул завхоз. Жеги росулъ хвел ккун жаназа чуризе чиясде хIажат бугони, гьелъул тадбирги гьабула гьес.

МухIаммад-хIажи вуго гIадамазда гьоркьов хIажаталъе вахъун чIарав, жамагIаталъул мурадал тIурай чорхолъ бессарв, гIисиназда дин-исламалъул нух бихьизабулев муъминчи.

Росдал жамагIаталъул рахъалдасан гьарула МухIаммад-хIажие щулияб сахлъиги гьабулеб ишалъулъ икъбалги.

Басрияб Бавтугъаялъул жамагIат.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...