Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Абубакарил ясал ГIаишатищ яги Асмайищ кIудиял рукIарал?

– Асма.

2. Абубакарил инсул тIокIцIар щиб букIараб?

– Абу КъухIафа.

3. Ансаразда хадуб гIараб улкаялъул щиб бакIалда ислам босараб?

– Еменалъул агьлуялъ.

4. Гьаб умматалъул божарав абун лъида абулеб букIараб? .

– Абу ГIубайдат бин ЖарахIида.

5. Сура «ГIабасалда» рехсараб пихъ щиб?

– ЦIибил

6. Исламалъул ункъабилев халипа щив?

– ГIали асхIаб.

7. Имам ШафигIил машгьураб тIехь щиб?

– Фикъгьиялъул «Умму» абураб тIехь.

8. ГIумар асхIаб щиб гIужалда чIварав?

– Рогьалил какда чIвана.

9. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай?

– ГIаишат.

10. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб?

– 69 сон.

11. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб?

– Суратул «Сулайман».

12. Жаббар абураб Аллагьасул цIар чан нухалъ Къуръаналда рехсараб?

– Цо нухалъ рехсана, «ХIашр» абураб сураялда.

13. МегIералъул цIар кьураб сура щиб?

– Суратул «ТIур».

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...