Аслияб гьумералде

Гьоболлъи гьабиялъул хиралъи

Гьоболлъи гьабиялъул хиралъи

Аварагас абун буго: «Щив вугониги гьобол вачIин рихун, гьев ккола Аллагь рихарав чи», - ян.

Цо къоялъ авараг анила бечедав чиясда аскIосан, амма гьес аварагасе гьоболлъи гьабичIила. Гьелдаго хадуб гьитIинабго чахъу гурони гьечIей гIаданалда аскIосан унаго, гьелъ гьебги хъун, гьоболлъи гьабунила аварагасе. Цинги аварагас абунила:

«Нуж балагье гьал кIияздего, гьадинал тIабигIатал Аллагьасул кверщаликь рукIунел жал руго ва гьес гьел кьола Жиндие вокьарасе», - ян.

Аварагасул гIадат букIана гьоболлъи гьабичIого тIаде вачIарав чи нахъе виччалареб, хIатта жиндирго рокъоб щибго жо батичIони, гьоболлъи гьабизе гьес къарзалъе босулаан мадугьалзабазухъа.

Бищунго нилъеца мисал босизе рекъарал рукIуна аварагзаби, гьел кинабниги рахъалъ камилал гIадамал рукIиналъ. ХIатта Ибрагьим авараг кваналалде унев вукIун вуго цадахъ кваназе гьобол цIехон. Гьедин гьабиялъ цониги сордо-къоги унеб букIун гьечIо гьесул анцIгоялдаса нусгоялде щвезегIан гьобол вачIинчIеб.

Анасица абун буго: «Гьобол жаниве лъугьунареб рокъоре малаикзабиги лъугьунаро», - ян. Малаикзаби жанире лъугьунарел рукъзабазда баракатги букIунаро.

Гьоболлъухъе ахIулев чиги рекъараб буго Аллагьасукьа хIинкъарав вукIине. Аварагасги абун буго, дуца кванагейила Аллагьасукьа хIинкъулел гIадамазул квен гурони ва дур квенги кванагейила гьединазго гурониян.

Гьоболлъухъе ахIулеб мехалъги рекъараб буго мискинав-бечедав батIа гьавичIого ахIизе, хасго гIагарлъиялда гьоркьоб батIалъи гьабунгутIиги беццараб буго. Ва гьел ахIиялдалъун мурадги букIине бегьуларо аварагасул нух чIаго гьаби гуреб, цоги батIияб. Гьоболлъухъе ахIараб бакIалде, кIудияб манзил батаниги, жаваб гьабизе суннатаблъун рикIкIуна, хIатта цоцо гIалимзабаз ва цо-цо бакIазда тIадаблъунцин гьабун буго. Аварагас абун буго:

«Щив чи вугониги диналъул вац кIодо гьавун, гьев вуго жинца Аллагь кIодо гьавурав чиясул мисалалда», - ян.

Гьоболасе кьолеб квенги гIураб къадаралда букIине рекъараб буго. Щайгурелъул гьалбадерие кьураб кванил хIисаб букIунарин абула къиямасеб къоялъ. Ва адабалдасан ккола цин рукъалъул агьлуялъе квен батIаго лъей, гьезул берракI хадуб букIинчIого букIине.

Кинниги гьоболлъухъе ахIараб бакIалдаги рекъараб буго гIодове виччан, рукъалъул бетIергьанас бихьизабураб бакIалда гIодов чIун, адабалда вукIине. Амма кигIанго хирияб батаниги ахIараб бакIалде жаваб гьабун ине, гьениб батани шаргIалда данде кколареб жо ва гьеб хисизабизе кIолебги гьечIони, ине ихтияр букIунаро.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...