Аслияб гьумералде

Муфти дандчIвана диниял церехъабигун

Муфти дандчIвана диниял церехъабигун

Карабудахкент районалдаса диниял церехъабигун ва гIалимзабигун дандчIвана ДРялъул муфти, шайих АхIмад афанди. Данделъи байбихьилалде муфтияс Аллагьасе рецц гьабуна гьадинал тадбирал тIоритIизе рес кьуралъухъ ва бицана цоцазда гьоркьоб гьуинлъи букIине ккани дандчIваял гIемер гьаризе кколин.

Хадуб гьес бицана тасаввуфалъул хIакъалъулъ ва абуна гьеб нух кколин хIажат гьечIел жалаздаса напс бацIцIад гьабулеблъун. «ТIарикъат киданиги букIине бегьуларо халкъ бикьизабулеблъун. Гьеб букIине ккола гIибадат гьабиялъе сабаблъун. Нилъ цолъизе ккола мазгьабалда сверухъ, тIарикъатин абуни буго бокьарас, напс бацIцIад гьабизе хIажалъи ккани, босулеб, бокьичIес босулареб нух. Сахал гIадамал больницабазде унарелъул», – ян абуна АхIмад афандица.

Данделъиялда гIалимзабаз бицана церечIарал масъалабазул ва гьел тIураялъе ругел нухалги рихьизарун загьир гьаруна жиде-жидер пикрабиги. Ахиралда гьалбадерие сайгъаталги кьуна АхIмад афандица.

ДЮСШялъул гIолилалгун...

Муфтияталъул Болъихъ районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулла Герейханов ва отделалъул хIалтIухъан ИсмагIил Ибрагьимов дандчIвана ДЮСШялде хьвадулел гIолилалгун. ГI. Герейхановас бицана физическияб рахъалъго гIадин рухIияб рахъалъги къуваталлъун рукIине кколеблъиялъул.

Аварагасул хIадисалда буго: «Дандияв къезавизе кIолев гуро къуватавлъун кколев, къуватавлъун ккола дурго ццималда ва напсалда тIад бергьенлъи босизе кIолев», - илан абун. Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола цогидаз нилъедаса мисал босуледухъ хьвадизейилан бицана ГI. Герейхановас.

Гъизляралда - нигIматазул акция

Гъизляр шагьаралда ва районалда тIобитIана нигIматазул акция. Гьелъул хIасилалда нигIматазул цIурал къучIби щвана 300 ресукъаб хъизамалъе. Гьеб тадбирги тIобитIана «Инсан» фондалъул хIаракаталдалъун.

«Продукты в каждый дом» абураб ахIиялда рекъон тIобитIараб акция рагIалде бахъинароан сахаватал гIадамазул гIахьаллъиги кумекги букIинчIебани. Гьединлъидал щивав чиясе баркала буго ресукъал гIадамазе гьабулеб кумекалъулъ бутIа лъолеб букIиналъухъ.

Акциялъул рахъккун цере рахъана шагьаралъул ва районалъул администрациязул вакилзаби, спортсменал ва цогидалги. ГIадамазе кумекин абуни рокъо-рокъобе щвезабуна волонтераз.

Руччаби кIодо гьаруна

5 марталда, МахIачхъалаялда бугеб республикаялъул Гьудуллъиялъул минаялъуб, тIобитIана Дагъистан цебетIезабиялъулъ хасаб бутIа лъурал руччаби кIодо гьариялъулаб данделъи. Гьеб тадбир гIуцIун букIана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ ва Дагъистаналъул руччабазул союзалъ.

Данделъи рагьулаго министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовас бицана руччабазде тIаде ккараб къоялъулги, рухIалда барахщичIого гьез хIалтIуе, республика цебетIезабиялъе кьураб гIумруялъулги, гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ лъураб ва лъолеб бугеб бутIаялъулги хIакъалъулъ.

Ахиралда руччабазе кьуна сайгъаталги. Сайгъатал кьуразда гьоркьой йикIана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централъул хIалтIухъан ГIайшат НурмухIаммадоваги. Къогоялдасаги цIикIкIун соналъ хIалтIана гьей гIун бачIунеб гIелалъе лъай ва рухIияб тарбия кьеялъул гIуцIиялда. Гьединго гьелъ нухмалъи гьабуна муфтияталъул лъай кьеялъул рахъалъ руччабазул отделалъеги.

Рохьил магIишаталъул председателасулгун дандчIвай

ЦерегIанго къоязда муфтияталъул председатель Шамил ГIалиханов дандчIвана ДРялъул рохьил магIишаталъул председатель Вагьаб ГIабдулхIамидовгун. Гьез бицана муфтияталъгун рохьил магIишаталъул хIалтIухъабаз цадахъ лъугьун гьаризе бегьулел хIалтIабазул ва гIумруялде рахъинаризе рес бугел проектазул хIакъалъулъ.

Гьелдаса хадуб гьоболлъухъе вачIарав В. ГIабдулхIамидовасда бихьизабуна муфтияталъул мина ва сайгъаталъе кьуна муфтияталъ къватIире риччарал цоцо тIахьал. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Мурад Шафиевасги.

Хьергебдерил гIолилазул хIаракат

МахIачхъала шагьаралда бугеб «Сальва» рестораналда тIобитIана Хьаргаби районалдаса диниял церехъабазул, жамгIиятчагIазул ва Хьаргаби росдал гIолилазул данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас, Хьаргаби районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас, муниципалитеталъул бетIер МухIаммадгIали ТIагьировас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана гIолилазда гьоркьоб букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул, цIунизе кколеб гьудуллъи-вацлъиялъул ва къваригIел гьечIел ишаздаса рикIкIад чIезе кколеблъиялъул хIакъалъулъ. Гьенибго баркала кьуна пандемиялъул заманалда медиказда цадахъ тIадаб иш тIубазе хIаракат бахъарал волонтёразеги. Гьединго кIодо гьаруна батIибатIиял къецазда бергьенлъи босарал спортсменалги.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...