Ражаб 1446 с.
№2. (2025-01-15)

МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул тIехь

Машгьурав гIалим МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул «ШархIул Мафруз» абураб тIехьалъул цебелъей тIобитIана Дагъистаналъул исламияб...

ХIасил гьабураб мажлис

ЦIунтIа районалъул централияб мажгиталда тIобитIана араб соналда жаниб диниял хIаракатчагIаз районалда гьабураб хIалтIул бицараб данделъи. Гьелда...

РекIел зикру

Накъшубандияб тIарикъаталда жаниб буго ракIалъ зикру бачине малъулеб хасаб къагIида. Халкъалда гьоркьоб гьеб машгьурлъунги буго рекIел зикру абун....

Баркала, тохтурзаби

Дунялалъул рокъор нилъ гIемер хIажалъула цоцазде, ине ккола мурад тIубай тIалаб гьабун цогидазухъе.    Киназего баянаб жо буго Аллагьасе...

Суннат тIубай – сахлъи цIуни

ХIурматиял бусурбаби, какичуриялъул суннатаздасан ккола лъабго нухалда мегIер ххули. Гьеб буго Бичасул аварагас ﷺ гьабураб ва нилъеда гьабеян...

Эбел-инсудаги бараб букIуна

ГIалимзаби ккола гьаб умматалъул чирахъал, жидеца битIараб нух бихьизабулел чагIи. Къуръаналдаги рехсон буго БетIергьанас ﷻ, хас гьабун Жиндаса ﷻ...

Бищун лъикIал гIамалал

МухӀаммад аварагас ﷺ хасго кӀвар кьурал лъикӀал гӀамалазул цояб ккола унтаразухъе зиярат гьаби. Квеш ккараб жо, нилъер заманалда киналго бусурбабаз...

Цересездаги лъалаан

Нилъер Аварагас ﷺ кинниги цогидал аварагзабазги жидерго халкъ ахIулеб букIана ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялъе мутIигIлъиялде, сабру гьабулеллъун,...

Муфтияталъул цIиял тIахьазул цебелъей

> Араб соналъул ахирисел къоязда «Дарул хIикма» абураб библиотекаялъул кIалгIаялда жаниб тIобитIана дагъистаналъул муфтияталъ къватIире...

КIвар бугел тIадкъаял

Къосарав ибн Мулжамица ГIали-асхIабасда хвалил ругъун лъуна. ГIумруялъул ахирисел сагIтазда гьесда аскIове вачIана гьесул вас ХIасан. ГIолохъанчи...

Ракъи тIаса бищана

Аварагасде ﷺ мискинлъи гIунтIизабизе бегьулищ?   Ибну ГIабасидасан бицана, Сафа-кIкIалахъ (Маккаялда), Аварагги Жибрил малаикги гIодорчIун...

МагIарул мацI цIуниялъул мактаб

Рамазанов МухIаммад ккола Шамил районалъул Хьиндахъ росулъа. 1963 соналда лъугIизабуна медучилище. Гьелдаса хадуб, жиндирго гIагараб росулъ...

ГТОялъ лъагIалил хIасилал гьаруна

Гьал къоязда Шамилхъалаялда тIобитIана мугIрузул территориалияб округалъул лъагIалил хIасилал гьариялъул тадбир. Мажлис байбихьана хирияб Къуръан...

Нужее баяналъе

  Щиб сураялда Аллагьас мунафикъазабазе «шайтIаналъул партия» абун цIар кьураб? – Сура «Мужадалат», аят...

Лъади йиго бихьинчиясул иманалъул бащалъи

«ТалихIаб хъизан гIуцIизе кIвеялъулъ щиб балъголъи бугеб? Кин кIвараб росасулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIунизе?» Гьадинаб суал кьуна 50...

Хасало гьаризе малъа-хъваял

Хасел тIаде щведал, гьелъ цадахъ росун рачIунел сайгъатазда гьоркьоб, тIадагьаб гIазу гуребги, цо чанго бакIаб масъалаги букIуна. Амма щибаб...

Эбелалъги бегьула цIализе

Щиб бугониги байбихьулеб жо берцинго къачIазе, гьабизе бокьула киназего. Амма цIияб рухI дунялалде бачIиналде данде бащалъулеб жо лъилго букIунаро....

30 сон дагIваталда

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал! Гьале 30 сон ана Дагъистаналъул Динияб идараялъ «Ас-салам» казият къватIибе биччазе байбихьаралдаса...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Ясалъ гьарулеб буго смартфон босеян, цадахъ цӀалулел лъималазулги гьеб бугин абун. Гьелъ щуабилеб класс лъугӀизабуна щуйилазда, амма дун хӀинкъун...

Бечелъизе бокьун бугищ?

Бечелъизе бокьуларев чи цониги ватиларо. Бечелъи шаргIалъ гьукъараб жоги гуро, амма гьелъ гIемерисел гIадамал гуккулел рукIиналъ, чIухIи бачIинабулеб...

ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Хамаева ГIаишат, 12 сон, Алибекотар...

Суал-жаваб

Суннатаб садакъа лъие кьезе хирияб бугеб? Суннатаб садакъа гIагарав чиясе кьезе хирияб буго цогидасе кьеялдаса. Имам Нававияс хъван буго гIалимзаби...

Къуръан: суалал ва жавабал

Къуръаналъул хIакъалъулъ нилъеда щиб лъалеб? Кида ва кинал лъугьа-бахъиназда гьеб рещтIараб? Кинал бутIабаздасан гIуцIун бугеб Къуръан ва Аллагьасул...

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...