Аслияб гьумералде

Бечелъизе бокьун бугищ?

Бечелъизе бокьун бугищ?

Бечелъизе бокьуларев чи цониги ватиларо. Бечелъи шаргIалъ гьукъараб жоги гуро, амма гьелъ гIемерисел гIадамал гуккулел рукIиналъ, чIухIи бачIинабулеб батиялъ, пахрулъи бижизабиялъ, ахираталдаса рикIкIалъизариялъ, закагIат-сахI бахъизе кIвахIаллъиялъ исламалъ гьеб какула.

 

Бичасул аварагас ﷺ чанги асхIабасда малъана ризкъи бигьалъиялъе сабабал. Гьединазул цояб ккола Сагьлу бину СагIидиясдасан бицараб хIадис: «Бичасул аварагасде ﷺ цо чи зигардана жиндир пакъирлъиялдалъун ва магIишаталъулъ бугеб къварилъиялдалъун. Бичасул аварагас ﷺ гьесда абуна, рокъове лъугьунелъул гьенив ватарав чиясе салам кьейин. Гьенив щивго чи ватичIони, дие кьейин салам (аварагасе ﷺ). Цинги суратул «Ихлас», ай Къулгьу цIалейин.

Жинда абухъе гьабунила гьев чияс. Аллагьас гьесие боцIи-малги гьарза гьабунила, хIатта мадугьалзабазецин щолебгIан къадаралда», - ян.

Балагьеха диналъул агьлу, захIматаб жо бугищ гьеб. Рокъове лъугьунелъул саламги кьун цо нухалда суратул «Ихлас» цIализе бугоха. ЦIакъго бигьаяб жо гьечIищ гьеб? Гьединлъидалин цIакъго кIвар гьабизе кколеб гьединал суннатазул.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...