Аслияб гьумералде

Эбелалъги бегьула цIализе

Эбелалъги бегьула цIализе

Щиб бугониги байбихьулеб жо берцинго къачIазе, гьабизе бокьула киназего. Амма цIияб рухI дунялалде бачIиналде данде бащалъулеб жо лъилго букIунаро. Лъимадул гIумруялда баракат лъола, Аварагасул ﷺ суннатал тIурани.

 

Лъимер гьабидал суннатаб буго гьелъул кваранаб гIинзунибе как ахIизе ва квегIалъубе къамат цIализе. Нагагь гьеб бажарулев чи аскIов ватичIони, эбелалъ жинцаго гьабизеги бегьула. ТIоцебе рагIараб жо – Аллагьасул цIар букIина лъимадул. Жеги суннатлъула кваранаб гIинзунибе «Ал-ГIимран» сураялъул 36 аят ва сура «Ихлас» цIализе. Гьедин гьабула, лъимер щайтIаналдаса цIунараблъун букIине. ТахIник гьабизеги лъикIаб буго. Гьеб ккола чIамун тамах гьабураб чамасдак лъимадул дабазда лъулъай. Гьеб чIамизе рекъараб буго аскIор ругезул бищун варагI бугес, тIоцебе лъимадул кIалдибе ккараб жо чамасдакгун гьеб чIамарасул хIацIу кколелъул, гьесдаса баракат щвезе. ТахIник гьабиялъ лъимадул кIалзул ччорбал щула гьарула, хадуб гьелъие хахдезе бигьалъула. Чамасдак кодобе щвечIони, цогидаб гьуинаб, амма жинда цIа хъвачIеб жоялдалъун гьабила, масала, кишмишалдалъун.

Лъимер гьабун анкьабилеб къоялъ суннатлъула гIакъикъ хъвезе, берцинаб, магIна бугеб цIар кьезе (анкьабилеб къоялъ гIакъикъ хъвезе ракIалда батичIони, гьабураб къоялъго кьела цIар). Гьединго бетIерги кIкIван, расул цIайиялда бащадаб месед яги гIарац садакъаде бикьила.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...