Аслияб гьумералде

Тюбеялда тIобитIана мажлис

Тюбеялда тIобитIана мажлис

Хъумторхъала районалъул Тюбе посёлокалда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул заместитель, исламиял гIелмабазул доктор МухIаммад КъахIибскияс, муфтияталъул централияб округалда вугев вакил ГIабдулла Аджимоллаевас, муфтиясул кумекчи ГIабдулла-хIажи Хидирбековас, исламиял гIелмабазул доктор, ДагъОгниялда, МухIаммад Ярагъиясул цIаралда бугеб мадрасалъул ректор МухIаммадгIариф Рамазановас, диниял хIаракатчагIаз ва республикаялъул батIи-батIиял бакIаздаса рачIарал гьалбадерица.

ГIалимзабаз бицана тасаввуфалъул, хъизамалда букIине кколеб ахIвал-хIалалъул, рухIияб маданияталъул бугеб кIваралъул ва гьеб цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ.

Мажлисалъул ахиралда гIумраялде ине ихтияр кьолеб путевка бергьиналъе рехана можороги.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...