Аслияб гьумералде

ХIасил гьабураб мажлис

ХIасил гьабураб мажлис

ХIасил гьабураб мажлис

ЦIунтIа районалъул централияб мажгиталда тIобитIана араб соналда жаниб диниял хIаракатчагIаз районалда гьабураб хIалтIул бицараб данделъи.

Гьелда гIахьаллъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдулла ГIумаров, «Ас-салам» газеталъул вакилзаби, «Инсан» фондалъул ва муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъаби.

КIалъазе рахъараз бицана гъоркьиса районалда гьабураб хIалтIул ва исана гьабизе бугелъул хIакъалъулъ. Гьединго бицана гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъул бугеб кIваралъул ва киналго ахIана цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе.

Мажлисалъул ахиралда хIал-тIулъ лъикIал хIасилал рихьизаруразе кьуна Баркалаялъул кагъталги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...