Аслияб гьумералде

Цересездаги лъалаан

Цересездаги лъалаан

Нилъер Аварагас ﷺ кинниги цогидал аварагзабазги жидерго халкъ ахIулеб букIана ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялъе мутIигIлъиялде, сабру гьабулеллъун, бихьаралъе мутIигIаллъун рукIиналде, ай исламалде. Гьез жидерго халкъ ахIулеб букIана тавхIидалде, Аллагь ﷻ цо гьавиялде. Аварагзабазул (жив вукIин баян гьабун бачIараб) цонигиясул хIакъикъаталде щаклъи бачIин чорхолъгун ботIролъ къарар гьаби инсан исламалдаса къватIиве вачине рес бугеб, цIакъ цIуни гьабизе кколеб бакI буго.

 

Щайин абуни, цоясда иман лъун, цогиясда божунгутIиялъ рачуна иманалъул лъабабилелда щаклъи бачIиналде.

Киналго аварагзабазул гIакъида букIана цо. Жал ругеб заманалда рекъон халгьабураб мехалъ, щиб бегьулеб ва щиб бегьулареб абун шаргI (диниял хIукмаби, масъалаби) гьединго цо-цо гIибадат гьабиялъул къагIидаби дагьал нилъералдаса батIиял, хиса-басиял ругел рукIаниги.

Щивав аварагасда лъалеб букIана Къиямасеб къоялде гIагарлъараб заманалда вахъине вукIин аварагзабазул хатам (ахирисев) МухIаммад ﷺ ва гьезул чIахIияз гIисиназе васият гьабулаан, гьев ﷺ вахъараб заман бихьизе чIаго хутIани, гьесда иман лъеян ва гьесие кумек гьабеян абун.

Цоги, цересел аварагзаби ритIулел рукIана пуланал халкъазухъе, пуланаб заманалда ва пуланаб Аллагьасул ﷻ тIадкъай, шаргI-хIукмабигун. Амма МухIаммад авараг ﷺ витIана тIолабго инсанияталдегун махлукъаталде ва гьесул шаргIалдалъун цересел аварагзабазул шаргIал ва хIукмаби насху гьаруна, Къиямасеб къоялде щвезегIан хиси гьечIеблъунги гьабуна.

Ахирисев авараглъун МухIаммад ﷺ вукIине вугеблъи гьел аварагзабазда – Аллагьасул ﷻ рахъалдаса вахIю бачIун, цере рукIараздаса бицен гьабун, жидеде рещтIарал тIахьазда рехсей гьабунги лъалеб букIана. Цо-цоязда гьев АхIмад абунги лъалаан.

Тавраталда гIемераб баян букIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ, амма жугьутIаз гьеб бахчана. Гьезда ккун букIана ахирисев авараг жугьутIав вукIинин, гIарабазда гъорлъа авараг вахъиндал гьабуна гьез балъгоги. ЖугьутIазул цоясда асхIабзабаз МухIаммад авараг ﷺ кинав чилъун рехсон бугеб Тавраталдаян цIехедал, гьес жаваб кьун букIана: «Гьев вукIина мискинзабазе цIунилъун», - абун.

КагIб ибну Асад абун вукIарав вуго жугьутIазул цевехъанас къабул гьабун букIана МухIаммадил ﷺ авараглъиялъул хIакъикъат ва ритIухълъи. Цо нухалъ гьес жиндирго къавмалде вуссун гьабуна хитIаб: «РачIа нилъ гьав чиясда (МухIаммадида) хадур рилълъине ва гьесда божизе. Аллагьасдалъун гьедула дун, нужеда (цебеккунго тIахьазда рехсон лъалеб букIун) бичIчIана гьев Аллагьас ﷻ витIарав авараг вукIин, гьев нилъер тIахьазда бицен гьабурав авараг вуго. Гьев ритIухъ гьавун ругони, нужеца нужерго мал-мулкги, лъималги, лъудбиги цIунила», - ян.

Гьесие жаваб гьабун гьез абуна: «Нижеца киданиги хиянат гьабизе гьечIо Тавраталъул малъа-хъваязе ва гьеб хисизеги гьечIо щибго жоялдалъун», - абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...