Аслияб гьумералде

Лъади йиго бихьинчиясул иманалъул бащалъи

Лъади йиго бихьинчиясул иманалъул бащалъи

«ТалихIаб хъизан гIуцIизе кIвеялъулъ щиб балъголъи бугеб? Кин кIвараб росасулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIунизе?» Гьадинаб суал кьуна 50 соналъ росасегун лъималазе лъикIаб хъулухъ гьабурай ва талихIаб хъизан цIунизе бажарарай гIаданалъе. 

 

«Хъизан цIуниялъул иш, Аллагьасул кумекалдалъун, гIемерисеб чIужугIаданалда бараб буго. Гьелда кIола рокъоб бокьараб гьава-бакъ чIезабизе. Нужеца бечелъиялъул бицунге. ГIемерал бечедал руччаби руго талихI къарал. Лъималазда бараб жоги гьечIо. Чанги руго 4-5 вас гьавурал, амма ригьнадаса ратIалъарал. ТIагIамаб квен гьабизеги руччабазухъа бажарула, амма гьебги кколаро талихIалъул роцен.

Данделъидал нижеца хIукму гьабуна ТIадегIанав Аллагьасулги хирияв Аварагасулги нух кквезе, хъизамалъул аслияб мурад - цоцазул тIалаб гьаби ва Аллагь разилъулеб хIалалда гIумру тIами букIин. Нижеца хIукму гьабуна, гIумруялда жаниб щиб кканиги, бищун кIвар бугеб жо, цоцада тIад бергьенлъи боси гуреб, берцинаб гьоркьоблъи цIуни букIине бугин. Масала, росасул ццим бахъараб мехалъ, дица тIаса бищулаан юцIцIун чIей. Дун гIенеккулаан дос абулебщиналъухъ ва тIаде щибго жубалароан».

- Щайха мун, довги вугелъув тун, цогидаб рокъое уней йикIинчIей?

- Гьедин гьабизе бегьуларо! Досда ракIалда ккезе рес буго, жиндихъ гIенеккизе бокьун гьечIин абун.

Гьесул калам лъугIизегIан юцIцIун чIолаан ва гьеб мехалда цогидаб рокъое унаан. Гьединаб мехалда бихьинчиясе къваригIуна сихIкъотIи, пикру гьабизе ва гIодове виччазе заман. 2-3 сагIат индал дица росасе чай яги сок кьолаан. Гьеб гьекъейиланги абун, щибго букIинчIеб гIадин кIалъалаан. «Мун барщун гьечIищ?» - абун дос гьикъидал, гьечIин абулаан. Гьеб мехалда дос тIаса лъугьин гьарулаан ва цебе букIаралдаса берцинго кIалъалаан.

 

- Мун цо-кIиго къоялъгIаги барщун чIолароанищха?

- ЧIолароан. Гьедин чIезеги бегьуларо. Гьединаб ахIвал-хIалалъ хъизан биххиялде бачуна.

Дие цо жо данде ккечIеб мехалда сабру гьабулаан. Гьедин гьабиялъулъ баракатги батана.

Рос-лъадуца цоцазда гIамалал рихьизаризе бегьуларо. Лъади йиго бихьинчиясул иманалъул бащалъи. Цоцаца къварид ва гIодорегIан гьариялъулъ гуро талихI букIунеб. Гьелъул гIаксалда, цоцазухъ гIенеккизе ва цоцазул пикру бичIчIизе хIаракат бахъизе ккола. ГIаламалъулго сайид МухIаммад аварагасги лъадулгун гIакълу дандбалаан.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...