Аслияб гьумералде

ЛъикIал хIалтIухъабазе шапакъатал кьуна

ЛъикIал хIалтIухъабазе шапакъатал кьуна

ЛъикIал хIалтIухъабазе шапакъатал кьуна

«Религия и современный мир» абураб цIаралда гъоркь, республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялда тIобитIана данделъи.

Гьениб цебелъураб тема букIана «Социальная миссия религиозных и общественных организаций в контексте формирования общероссийской гражданской идентичности» абураб.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял диназул вакилзабаз, жамгIиятчагIаз ва лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазгун гIелмияб интеллегенциялъ.

Рехсараб идараялъул нухмалъулев Энрик Муслимовас баркала загьир гьабуна араб соналъ министерствоялъул хIалтIулъ лъикIал хIасилал рихьизаруразе.

КIалъазе рахъараз бицана гражданазулаб жамгIияталда жаниб цолъи букIинабиялъе диниял гIуцIабазул букIунеб кIваралъул ва суал борхана гьел гIуцIабаз социалиял масъалаби тIуразариялъе кин хIалтIи гьабизе кколебин абураб.

Гъоркьиса лъикIаб хIалтIи гьабурал диниял хIаракатчагIазе кьуна шапакъаталги. Масала, шапакъатаздалъун кIодо гьаруна муфтияталъул хIалтIухъаби МухIаммад МухIаммадов, ГIизудин ГьитIиножоев, Шамил ГIисахIажиев ва ГIабдулхIамид ИсмагIилов.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...