Аслияб гьумералде

Бищун лъикIал гIамалал

Бищун лъикIал гIамалал

Бищун лъикIал гIамалал

МухӀаммад аварагас ﷺ хасго кӀвар кьурал лъикӀал гӀамалазул цояб ккола унтаразухъе зиярат гьаби. Квеш ккараб жо, нилъер заманалда киналго бусурбабаз букӀине кколеб кӀвар кьолеб гьечӀо гьеб суннаталде.

 

Хирияв Аварагас ﷺ нилъеда малъана цересел умматазулъ рукIинчIел гIемерал хиралъабигун пайдаби. Гьездасан ккола унтаразухъе зияраталъе инги. Гьебгун цадахъ Аварагас ﷺ бицана гьеб суннат ккурасе щолеб кIудияб ажру-кириги.

Жиндирго унтарав бусурбанав вацасде тIаде ваккизе ин ккола бусурбанчиясул хIакъалдасан. Гьелда тIасан рачIарал хирияв Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисалги руго. АсхIабзабигун вугеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «ТӀадегӀанав Аллагьас Къиямасеб къоялъ жиндирго лагъасда абила: «Я Адамил вас, Дун унтун вукӀана ва амма дуца Дихъе зиярат гьабичӀо», - ян. Лагъас жаваб гьабила: «Я БетӀергьан, кин дица Духъе зиярат гьабулеб Мун гӀаламазул БетӀергьан вугеб мехалъ?» - илан. Аллагьас ﷻ абула: «Дуда лъалеб букӀинчӀищ Дир пуланав лагъ унтун вукӀин ва дуца гьесухъе зиярат гьабичӀеблъи? Дуда лъаларебищ, мун гьесухъе щваравани гьесда аскӀов Дун ﷻ ватизе вукӀин?» - абун.

Халгьабе, диналъул вацал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бусурбанчи унтидал, гьев кIодо гьавун, гьесул унти Жиндего гIунтIизабураб куц. Гьеб хIадисалъулъ кIудияб рохел буго унтарасеги гьесде зиярат гьабулесеги.

Нилъеда лъала унти абураб жо Аллагьасе ﷻ гуреб, махлукъаталъе хассаб букIин. Аллагь ﷻ ккола кинабго жо Жинца бижарав Халикъ. Унтарав диналъул вацасухъе тIаде раккизе нилъ индал Аллагьасул ﷻ рахъалдасан ажру-кириги, карамалъиги гьениб батулин абуна Аллагьас ﷻ нилъеда. Унти абураб жо ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ мустахIилаб буго. Унти ккола мукъсанлъиялъул сипат. Нилъеда лъала Гьев ﷻ киналниги мукъсанлъабаздаса вацIцIадав вукIин.

Цогидаб хIадисалдаги Аварагас ﷺ абун буго: «Радал унтарасухъе ваккизе арав бусурбанчиясе къасилъизегIан 70 азарго малаикас салават битIула (мунагьал чури тIалаб гьабула). Къаси унтарасухъе зияраталъе арасе рогьинегIан 70 азарго малаикас мунагьал чури тIалаб гьабула. Ахираталда Аллагьас ﷻ гьесие Алжаналъуб кIудияб ахги кьезе буго», - ян.

ТIахьазда хъван буго 40 ва цIикIкIун гIадамал ракIарараб бакIалда дугIа гьабидал, гьенив цогIаги чи чарагьечIого вали вукIунин ва гьес Амин абиялдалъун дугIа къабуллъизе рес букIунин абун. Малаикзабаз дугIа гьабидал гьеб жеги цIикIкIун къабул гьабизе рес букIуна. 70 азарго малаикас дугIа гьабидал кинха букIинареб?

Хирияв Аварагас ﷺ ГIумар-асхIабасде хитIаб гьабун абуна: «Дуца унтарасухъе зиярат гьабидал дугIа гьабеян гьаре. Унтарасул дугIа малаикзабазул дугIаялда релълъун букIуна», - ян. ГIумар-асхIабасде хIадисалъулъ хитIаб бугониги, хIакъикъаталда тIубараб умматалъе кантIизариялъе бицараб ккола гьеб.

Унтарасухъе раккизе иналъул адабалдасан ккола гьесие данде ккараб заманалда, гьесул рекIелъе рохел ккезабулел жалаздалъун ин. Унти захIматаб бугониги ракI батизабулеб хабар бицина, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ унти тIаса босулин, ургъел гьабугеян ва гьелда релълъараб. Гьесие бокьулеб тIагIам батани, рес ккани, гьебги босила. Хирияв Аварагасги ﷺ абуна: «Бищун лъикIал гIамалаздасан ккола диналъул вацасул рекIелъе рохел лъугьинаби», - ян.

Унтарас унтиялде гIайибал чIван, чаракъотIун гьев вихьидал, берцинаб хIалалъ кантIизавила, унти кьолевги гьеб нахъе босулевги ТIадегIанав Аллагь ﷻ вугинги абун. Бицина унти лагъасул мунагьал чуриялъе сабаблъун букIунеблъиялъулги. Аварагасул ﷺ гIадаталдасан букIана асхIабзабазда цIех-рех гьабулеб унтарасухъе лъица жакъа зиярат гьабурабин абун.

Аллагьас ﷻ нилъер унтаразе сахлъиги кьеги, гьезде раккизе ине нилъее тавпикъги кьеги.

 

Малаев МухIаммад, ГIуриб росдал имам, Шамил район

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...