Аслияб гьумералде

Эбел-инсудаги бараб букIуна

Эбел-инсудаги бараб букIуна

Эбел-инсудаги бараб букIуна

ГIалимзаби ккола гьаб умматалъул чирахъал, жидеца битIараб нух бихьизабулел чагIи. Къуръаналдаги рехсон буго БетIергьанас ﷻ, хас гьабун Жиндаса ﷻ гIалимзаби хIинкъулин абун.

 

Аллагьас ﷻ дин цIунана гIалимзабаздалъун. Масала, машгьурал гIалимзаби ккола ункъабго мазгьабалъул  имамзаби – имам Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад. Гьезул гIелмуялдаги, такъваялдаги, божилъиялдаги лъилниги щаклъиги гьечIо.

ГIемераб жо бараб букIуна эбел-инсул такъваялдаги. Мисалалъе, имам АхIмадил эбелалъ, радал лъимги хинлъизабун, рогьалил какде витIулев вукIун вуго вас ва дарс лъугIизегIан балагьун чIолей йикIун йиго гьев вачIиналъухъ.

Хас гьабун бицинин имам Абу ХIанифал эбел-инсул хIакъалъулъ. 

ГIурул рагIалдасан унев гIолохъанав Сабитида бихьула гIоралъ босун бачIунеб гIеч. Гьев гIурулъе кIанцIула ва гIеч хIанчIула. Амма хадуб бичIчIула хIалаллъи тIалаб гьабичIого гIеч кванараблъи.

Гьес хIукму гьабула ахил бетIергьан валагьун, гьесдаса хIалаллъи тIалаб гьабизе. Гьедин унаго, Сабитида цо ах батула. Ахил бетIергьанасда гIолохъанчияс абула гIеч квананин хIалаллъи тIалаб гьабичIого ва гьарула хIалаллъи кьеян. ГIажаиблъарав ахихъанас хIукму гьабула Сабитил динияб рахъалъул хIалбихьизе ва абула рецIел хIисабалда жиндир ахикь хIалтIизе кколин.

Сабит чанго соналъ гьесул ракьалда хIалтIула. Цо заманалдасан ахил бетIергьанас Сабит ахIула ва абула жиндир яс чIужулъун ячине кколин, тIадеги жубала, гьелъул бералда бихьуларин, квералъ хъвачIин ва хIатIица гали тIамуларин абун.

Сабит разилъана. Амма бертин гьабун хадуб Сабитида йихьана гIолохъанай ва берцинай бахIарай. Хадуб ахил бетIергьанас Сабитида абула: «Гьай дир яс беццай йиго хIарамаб жоялъул пикру гьабизе, гьелъул квералъ киданиги хIарамалда квер хъвачIо, хIатIица киданиги хIарамаб бакIалде гали тIамичIо», - ян.

Аллагьасукьа хIинкъулей, камилаб иманги, гIамалги, такъваги бугей ясалъ Сабитае вас гьавуна. Гьавурав васасда цIарги лъуна НугIман абун. Хадуб гьев вас машгьурав гIалимчи вахъана, жинда имам Абу ХIанифайин абулев.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...