Аслияб гьумералде

МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул тIехь

МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул тIехь

МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул тIехь

Машгьурав гIалим МухIаммад-ТIагьир Къарахъиясул «ШархIул Мафруз» абураб тIехьалъул цебелъей тIобитIана Дагъистаналъул исламияб университеталда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна тIехьалда тIад хIалтIарал гIалимзабаз, исламиял гIелмабазул докторзабаз, муфтияталъул вакилзабаз ва цогидазги.

ТIехь гIуцIун буго лъабго бутIаялдаса. ТIоцебесеб бутIа хIадур гьабун буго АбулхIасан АшгIариясул мазгьабалда рекъон рорхарал суалазда хурхун.

КIиабилеб бутIа буго ШафигIиясул мазгьабалъул бицараб ва лъабабилеб бутIаялда мухIканго бихьизабулеб буго бусурбабазул хьвада-чIвади, рукIа-рахъин кинаб букIине кколебали ва бицунеб буго чIахIиял мунагьазул хIакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...