Ражаб 1444 с.
№4_ (2023-02-15)

Къуръан цIалиялъухъ гIенеккиялъул пайдаби

Инсалги жиналги битIараб нухде тIоритIи. Къуръаналда буго: «Рохел бице Къуръаналъухъ гIенеккулезда, гьелъул лъикIалда нахъги рилълъунезда. Гьел руго...

ЦIуне дуца, БетIергьан!

ЦIуне Дуца, я ГIазиз, ГIизраил малаикас РухI босулеб гIужалда ГIассилъун хвеялдаса.   Хвалил лълъар гьекъолелъул, ХIинкъи чорхолъе...

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал руго Аллагьас ﷻ рещтIарал тIахьда цересел умматазулъ гьесие ﷺ сипаталгун хаслъаби кьун рачIарал. Руго Къуръан-хIадисазда...

ГIабидал рокьулевлъун вукIана

Гьарун Рашидил вас ГIаббасие, гьитIинаб мехалда бокьулаан гIабидазда цадахъ вукIине. Хабалазде зияраталги гьарулаан. ТIад ретIараб ратIлил кIварги...

Жаваб гьабизе тIадаб

Ислам бачIиналде цебе гIарабаз цоцазе кIодолъи гьабун «ХIаякалагь» абулаан, ай «мун чIаго хутIаги, дур гIумруги халалъаги» абун. Ислам бачIун хадуб...

Къуръаналъул хIикмат

      БАЯН Къуръан щибго щаклъи гьечIого Аллагьасдасан буго. Щайин абуни, бокьараб тIехь босани, гъалатI батичIого букIунаро. Къуръаналъул...

Хирияб каламалъул адаб

Къуръан ккола Аллагьасул ﷻ калам ва гьелъул адаб гьабизеги тIадаб буго щивав чиясда.  Щивав абураб рагIиялъги жанире рачуна цохIо бусурбаби...

Бищун гьитIинаб мажгит

  ХIайдарбад абулеб шагьаралда буго «Мир МахIмуд Сахаб» абун цIар лъураб гьитIинабго мажгит. Гьелъул халалъи буго 3,6 метр, гIеблъи - 2,8 метр ва...

РачIа, рагьизе берал

РачIа, рагьизе берал Росизин тIахьал кодой, Кодоб бугеб телефон Тезин дагьалъ добегIан.   Давление, нерваби, Ният чороклъизаби, ЛъикIаб...

Гьан белъинчIо

Имам Санусил ккараб   Имам Сануси ккола кIудияв гIалим, факъигь ва мухIаддис. Гьев вукIана Маликияб мазгьабалъул имам. Гьесул гIакъидаялъул цIакъ...

Нилъеца гьабураб нилъееги гьабула

Цо къоялъ бакъанида рокъове вачIунев вукIарав фермерасда рагIула кумек гьабейилан ахIулеб лъимадул гьаракь. Гьев, гьаракь рагIараб рахъалде векерула,...

Дир бечелъи

Дир кIудияб бечелъи, Сахал дир гьудулзаби. Гьелгун араб гIумруги, ГIаданлъиялъул нухги.   Гьабун тараб лъикIлъиги, Гьелъул ккараб...

Бищун бацIцIадаб магIишат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун нилъ рижана бацIцIадаб диналъул аслуялда ва нилъее амру гьабун абуна: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужеца...

Нужее баяналъе ЛЪАЛИЩ НУЖЕДА?

Къуръан - бищун тIадегIанаб ва хирияб тIехь   Къуръан цIалиялдалъун нилъер ракIал рацIцIад гьарула ва иман щула гьабула. Къуръан ккола мугIжизат,...

Къуръаналъул хIурмат

ХIурматиял бусурбаби, ахирал къояз нилъеда гIемер рагIулеб буго дунялалдаго Аллагьасул ﷻ Калам – Къуръаналда сверухъ унел ругел харбал. Гьеб бухIизе...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадалда йичIчIулей гьечIо   Росасул эбел-инсуда цадахъ гIумру гьабулеб буго нижеца. Дун институталъул ахирисеб курсалда цIалулейги йиго,...

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей   Эбел, дир хирияй рекIел хазина, Халикъас дуй гIумру халатаб кьеги. Эбел, дир гIумрудул миллияб...

Суал-жаваб

ЦIунцIраби чIвазе бегьулищ? ЧIахIиял цIунцIраби, ай рукъзабахъ рукIунарел чIвазе хIарамаб буго. ШаригIаталъул тIахьазда гьединал цIунцIрабазул...

Къуръаналъул хиралъи

Къуръан ккола муъминчияс жиндаса пайда босулеб ва мугъчIвай гьабулеб Аллагьасул Калам. Къуръан цIали хIакъикъаталдаги Аллагьгун ﷻ лагъ кIалъай...

Дерец

АхIмад, 5 сон, Зехида росу. ГIабдусалам, 9 сон, Зехида росу. ГIабдулаева ГIаишат, Унсоколо росу. ГIабдусаламова ФатIимат, М. Горький...

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...