Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал руго Аллагьас ﷻ рещтIарал тIахьда цересел умматазулъ гьесие ﷺ сипаталгун хаслъаби кьун рачIарал. Руго Къуръан-хIадисазда рехсаралги, гьединго аварагасе ﷺ заман, бакI бихьун асхIабзабаз кьуралги.

 

Гьесул ﷺ цIараздасан ккола: «Дарул хIикмат» - хIикматазул рукъ, «Далилул хайрат» - лъикIлъабазде тIоритIулев, «РахIматул гIаламин» - гIаламазулго рахIмат, «РухIул къуддус» - бацIцIадаб рухIалъул авараг, «ГIурватул вускъа» - БетIергьанасде ﷻ рачунеб щулияб, божараб бухьен, «Мадинатул гIилми» - гIелмуялъул шагьар, «Гьадиятуллагь» - Аллагьасул ﷻ сайгъат.

Бергьарав тафсирчи КагIбул АхIбарица абуна: «Алжаналъул агьлуялда аскIоб аварагасул ﷺ цIар ккола «ГIабдул Карим» - Сахаватасул (Аллагьасул ﷻ) лагъ, жужахIалъул агьлуялда аскIоб - «ГIабдул Жаббар» - ХIалкIвей бугесул лагъ, ГIаршалъул агьлуялда аскIоб - «ГIабдул ХIамид» - Жиндие рецц гьабулесул лагъ, малаикзабазда аскIоб - «ГIабдул Мажид» - Къадру къиматасул лагъ, цогидал аварагзабазда аскIоб - «ГIабдул Вагьгьаб» - Жинца чIобого кьолесул лагъ, шайтIабазда аскIоб - «ГIабдул Къагьгьар» - Жинца хIал гьабулесул лагъ, жундузда аскIоб - «ГIабду ар-РахIим» - Жив ахираталда муъминзабазда гурхIулесул лагъ, мугIрул-щобазда аскIоб - «ГIабдул Халикъ» - щибго гьечIелъуса Жинца жо бижизабулесул лагъ, гIодоблъи-ракъдаллъиялда аскIоб - «ГIабдул Къадир» - сундего ХIалкIолесул лагъ, ралъдалъ - «ГIабдул Мугьаймин» - Жинца хъаравуллъи кколесул, цIунулесул лагъ, ччугIбузда аскIоб - «ГIабдул Къуддус» - ВацIцIадасул лагъ, хIутI-хъумуралда аскIоб - «ГIабдул Гъияс» - Жиндаса кумек тIалаб гьабулесул лагъ, гIалхул жанаваразда аскIоб - «ГIабду ар-Раззакъ» - ризкъи кьолесул лагъ, гIаммал жанаваразда аскIоб - «ГIабду Ссалам» - Жинца балагьал унтабаздаса сах гьарулесул лагъ, хIайваназда аскIоб - «ГIабдул Муъмин» - Жинца цIунулесул лагъ, хIанчIазда аскIоб - «ГIабдул Гъаффар» - мунагьал чурулесул лагъ.

Тавраталда гьесул ﷺ цIар бачIана «Музмуз» - вацIцIадав абун. Инжилалда - «ТIабтIаб» абун, Забуралда - «Фарукъ» - батIулабгун хIакъалда гьоркьоб батIалъи гьабулев абун. Аллагьасда ﷻ аскIоб - «ТIагьа» ва «Ясин» абурал цIарал руго.

Муъминзабазда аскIоб гьесул ﷺ цIар ккола «МухIаммад». Гьесул тIокIцIарги буго «Абул Къасим» - Къасимил эмен абун».

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...