Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хиралъи

Къуръаналъул хиралъи

Къуръан ккола муъминчияс жиндаса пайда босулеб ва мугъчIвай гьабулеб Аллагьасул Калам. Къуръан цIали хIакъикъаталдаги Аллагьгун ﷻ лагъ кIалъай ккола.

 

Аллагьасул ﷻ рахIму-цIоб гIатIидаб буго ва Гьес ﷻ рихьизаруна нухал гьел ккуразе дунял-ахираталда талихI щолеб. Гьединаб талихIлъун ккола инсанасе Къуръан цIализе лъай. Жакъа гIемерал бусурбаби руго жидер рокъоб Къуръанцин гьечIел. Ругезулги гьеб батула тIад хIурги ккун нахъарокъоб, борхатаб шкафалъул бищун тIасияб полкаялда лъун. Къуръаналъул хиралъабазул ва гьеб цIаларасе щолеб ажру-кириялъул аварагасул ﷺ хIадисазда баянго бицун буго.

ХIадисалда буго: «Цогидал каламазде дандеккун Къуръаналъул хиралъи цогидал халкъазде дандеккун Аллагьасул ﷻ ТIадегIанлъи гIадин буго», - ян. (Байгьакъи)

Ибну МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго: «Къуръаналдасан цо хIарп цIаларав чиясе цо лъикIлъи хъвала ва щибаб лъикIаб пишаялъухъги анцIго нухалъ цIикIкIинабун кири хъвала. Дица абулеб гьечIо «АлифЛямМим» цо хIарп бугилан, тIадеги «Алиф» - хIарп буго, «Лям» - хIарп буго ва «Мим» хIарп буго», - ян. (ХIаким)

Анасалил вас МугIазидасан бицараб хIадисалда буго: «Къуръан жинца цIаларав ва гьениб хъваралда гIамал гьабурав чиясул эбел-инсул ботIрода Къиямасеб къоялъ таж лъола. Гьеб таж нилъеда гъорлъ букIарабани, гьелъул кунчIиги гьаб дунялда ругел рукъзабазда речIчIараб бакъул кунчIиялдасаги жиб гвангъараб букIинаан. Эбел-инсуе гьединаб кири щолеб мехалъ, нужеда кин кколеб, гьелда гIамал гьабурасе щиб кири букIунебали», - ян. (АхIмад)

Цоги хIадисалда буго: «Къаси сардилъ 100 аят цIаларасе сахаб сордоялъ гIибадат гьабурабгIанасеб кири хъвала», - ян. (АхIмад)

ШугIайбил вас ГIамридасан бицана: «Лагъас Къуръан цIалун бахъиндал лъабкъоялда анцIазарго малаикас гьесие дугIа гьабула», - ян. (Дайлами)

Жеги хIадисалда буго: «Къуръаналъул цо аяталъухъ гIенеккарав чиясе чангоялде цIикIкIинабун кири хъвала. Къуръаналъул цо аят жинцаго цIаларев чиясе Къиямасеб къоялъ Алжаналъубе нух гвангъизабулеблъун гьеб букIина», - ян. (АхIмад)

Анасидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Жиндирго лъимада Къуръан цIализе малъарав чиясул арал ва рукIине ругел мунагьал чурула. Къуръан рекIехъе лъазабизе малъарасул гьеб лъимералъ аят цIаларабщинахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев инсул макъам бахинабила Къиямасеб къо тIаде щвезегIан». (ТIабарани)

Цо къоялъ ГIумар-асхIабасухъе суалал тIуразе вачIана гьес Маккаялда тарав вазир. ГIумарица гьесда гьикъана: «Дурго бакIалда Маккаялда щив тарав?» - ян. ГIабдурахIман ибн Аби  Абза танилан жаваб гьабидал, ГIумар-асхIабас гьикъана: «Дурго бакIалда къурайщияздасан лагъищ дуца тарав?» - илан. Жаваб гьабун гьес абуна: «ГIабдурахIманидаса Къуръан лъикI цIалулев чи гьечIолъиялъ тана дица гьев», - илан. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «БитIараб буго, ТIадегIанав Аллагьас инсан Къуръаналдалъун кIодоги гьавула, гьединго, гьелдалъун гIодовегIанги гьавула (Къуръан цIали рехун тарав чи)», - ян. (Муслим, ибн Мажагь)

Къуръан цIалиялде рачунел хIадисал цIакъго гIемер руго, амма гьеб цIалулевщинасе щолищ кириян абураб суал бачIуна. Аллагьасе гьабулеб бокьараб гIибадаталъулго гIадин Къуръан цIалиялъулги руго цIунизе тIадал адабал. Жал цIуничIони инсанасе кирицин щиб, мунагьалде ккезе, хIатта исламалдаса вахъун ккезецин хIинкъи бугел. Аллагьас цIунаги!

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...