Аслияб гьумералде

ЦIиял харбал

ЦIиял харбал

 

«Къуръаналъул сордо»

 

27 январалда, Дагъистаналъул гIемерисел мажгитахъ, тIобитIана «Къуръаналъул сордо» абураб цIаралда гъоркь мажлис. 

Гьелда гIахьаллъи гьабуна аза-азар бусурбанчияс ва кIалъазе рахъараз бицана гьединал тадбиразул букIунеб кIваралъулги пайдаялъулги.

Дагъистаналъул муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас, МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда тIобитIараб тадбиралда кIалъалаго абуна, Европаялъул цо-цо улкабазда Къуръан бухIиялде данде гьабулеб мажлис бугин нилъер гьабилан абун.   

«Гьеб буго ургъунго гьабулеб иш, ай жамгIияталда гьоркьоб рикьи ккезабиялъул мурадалда. Гьединго цо-цо чагIазе цIакъго къваригIун буго исламалде данде рагъ базе. Амма гьел мурадалде щвезе гьечIеблъи хIакъаб буго. Гьединлъидал ДРялъул муфтияталъ киналго ахIула гьединал ишазда аскIор цIакъго цIодорго рукIине.

Нилъеца гьеб тайпаялъе жавабги кьела жеги цIикIкIун Къуръан лъазабиялдалъун, жеги цIикIкIун гьеб цIализе лъугьиналдалъун ва жеги цIикIкIун исламияб дин гьабиялдалъун», - ян абуна А. МухIаммадовас.

 

 

Радалисеб рекери 

Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби ва машгьурал спортсменал, радал хехго, ай рогьалил какги бан данделъана МахIачхъалаялда, Каспий ралъдал рагIалда. Гьел ралъдал рагIалчIван рекерана, гьабуна зарядка ва тIоритIана батIи-батIиял къецал.

Гьединал ишаз цолъизарула гIадамал, бижизабула цоцаздехун вацлъи ва гьудуллъи. Гьелъин МахIачхъалаялда, щибаб анкьида жаниб цо нухалда, гьединал тадбирал тIоритIизе байбихьунги бугеб.

 

 

«Ас-Саламалъул сордо»  - Гъизилюрталда

Гъоркьиса Гъизилюрталда «Ас-Салам» газеталъ гьарурал тадбиразул бицинеги хIасилал гьаризеги данделъун букIана шагьаралъул жамагIат.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас, диниял хIаракатчагIаз ва «Ас-Салам» газеталъул хIалтIухъабазгун гьеб тIибитIизабулез.

Гьениб бицана газеталъул бугеб кIваралъул, гьенисан рорхулел суалазул, гьелдасан бугеб пайдаялъул хIакъалъулъ. Гьединго киналго ахIана исанаги газеталъе кIвараб куцалда подписка гьабизе.

 

Къецалъул хIасилал гьаруна

Гъизляралъул Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъулаб колледжалда тIобитIана «Благонравие праведников» абураб тIехьалда тIасан къецал. Гьелдаса хадуб гьаруна хIасилалги.

Къецалда гIахьаллъаралщиназе кьуна сертификатал ва бергьаразе шапакъатал.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъаби ГIабдулмуъмин ХIажиевас, Алавдин ГIаликъадировас ва рехсараб колледжалъул заведующий ГIабдула ГIисаевас.

 

Уцмиюрталда – мажлис

 

«Ас-Салам» газеталъул хIурматалда Бабаюрт районалъул Уцмиюрт росулъ тIобитIана хасаб тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Бабаюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадрасул МухIаммадовас, ЦIияб Лак районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил Назировас, Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Дибирдадаевас, Гъизилюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиасхIаб Къасумовас ва «Ас-Саламалъул» бетIерав редактор ГIадил Ибрагьимовас.

Гьениб имамзабаз гьаруна вагIзаби, бицана жакъа дандчIвалел масъалабазул ва гьел тIураялъе ругел нухазул.

Гьединго можоро рехана гIумраялде ине бокьаразда гьоркьоб лъабго путевка бергьиналъеги.

 

 

«Щиб? Киб? Кида?»

Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалда тIобитIана «Щиб? Киб? Кида?» абураб хIай. 

Анлъго чиясдаса гIуцIараб гIакълу камилазул команда хIалеб букIана балагьизе рачIараздаса гIуцIараб командагун.

ХIасил гьабидал, бергьараблъун рикIкIана гIакълу камилазул команда.

 

 

 

ХIижабалъул къо

Халкъазда гьоркьосеб хIижабалъул къо исанаги кIодо гьабуна Дагъистаналда. Исана, гьеб къоялъул хIурматалда, Дагъистаналъул муфтияталда цебе бугеб рухIияб лъай кьеялъул руччабазул отделалъ «КIодол гъансиниса» абураб кIазазул фестиваль-къец тIобитIана. «Россия - дир тарих» музеялда данделъун рукIана гормендабигун, кьер-кьерал шалал чIварал ясал.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна 15 чIужугIаданалъ. Тадбиралъул мурадги букIана республикаялъул руччаби цолъизари, кIаз чIужугIаданалъул берцинлъиялъул, сабру буголъиялъул, хIеренлъиялъул гIаламат букIин бихьизаби.

Щияй гIахьалчIужуялъ бицана жидеего умумуз ирсалъе тараб кIазалъул къисматалъул, рикIкIана кучIдул.

Музеялъул фойеялда абуни бокьаразул рес букIана выставкаялда лъураб, жидеего рекIее гIураб кIаз тIаса бищизеги.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...