Аслияб гьумералде

Хирияб каламалъул адаб

Хирияб каламалъул адаб

Къуръан ккола Аллагьасул ﷻ калам ва гьелъул адаб гьабизеги тIадаб буго щивав чиясда.  Щивав абураб рагIиялъги жанире рачуна цохIо бусурбаби гурелги.

 

Къази-ГIияз абурав гIалимчияс абун буго: «Щив бусурбанчи вугониги Къуръан яги гьелдаса щиб бугониги гIодобегIан гьабун, ялъуни гьеб хIакъираблъун бихьун, гьениб бицараб къиса рехсараб загьираб хIукмуялда божичIого, яги гьелъ чIезабураб хIукму батIулаблъун гьабун, яги жинцаго гьелъул гIаксияб магIна ургъун, гьев капурчилъун лъугьуна», - ян («Ат-Тибян фи адаби хIамалатил Къуръан»).

Бицен гьабила Къуръаналъул адаб гьабиялъул ва цIунизе кколел цо-цо масъалабазул хIакъалъулъ.

 

Х1арамаб буго:

Черх чури тIалъарав чиясе Къуръан рагIизабун цIализе хIарамаб буго. Амма цIалулел аятал ругони дугIа-зикруялъул магIнаялда ругел, цIалулесул мурадги Къуръан цIалилъун гьечIеб, гьеб мехалда хIарамаб гьечIо .

– Гьелдехун хIетIе битIизе.

Гьеб бугони хIатIал лъураб бакIалдаса борхатго, хIарамлъи гьечIо, карагьатаб буго.

– Гьеб тIад хъвараб хъарщи бухIизе, тIамач къулчIизе.

Чорокаб бакIалде ккеялдаса цIунун рухIулел ругони, гьукъараб гьечIо.

– Какичури гьечIого гьелда (гьелъул тIанчазда, жилдазда, гьеб жаниб лъураб таргьаялда, гьелъул аятал тIад хъварал хъарщазда) хъвазе.

– Черх чури тIалъарав яги какичури гьечIесе гьеб баччизе.

Цо-цоязда ккола квералда щибалиго жемун бугони, баччизе ва гьелда хъвазе бегьулин, гьебги гъалатI буго. Лъимералъ дарс цIализелъун босизе бегьула, амма лъикIаб буго как базе, какичуризе лъалеб гIужалде бахараб мехалъ лъималги адабазде ругьун гьаризе.

Къуръан бугони тафсир гьабурабгун цадахъ бугеб, гьеб мехалъ тафсиралдаса хIарпазул рахъалъ Къуръан дагьаб бугони, баччизе ва квер хъвазе бегьула, бащадаб яги кIудияб бугони - бегьуларо.

 Бегьуларо гьелда гьоркьоб щибго жо лъезе, нажасаб жо гьоркьоб жубараб букIин лъалеб ручкаялъ гьелда хъвазе.

– ГIараб гурел хIарпаздалъун цIализе ва хъвазе.

ГIараб гурел хIарпаздалъун хъваялдалъун магIна хисулел бакIал лъугьине рес букIиналъе гIоло.

 

Къуръан цIалулеб мехалда лъикIаб буго:

– сивак бахъун, бацIадаб кIалгун байбихьизе;

– «агIузу» бахъиялдалъун байбихьизе;

– сундаго ваччичIого, витIун гIодов чIезе;

– гIодоб лъечIого, дагьаб борхизабун ккун цIализе;

– Къиблаялдехун руссине;

– цIалулаго гьоркьоб цоги калам гьабичIого тезе; 

– гIедегIичIого цIализе, цIалулелъул пикру гьабизе;

– гурхIел-рахIмуялъул аят цIалидал, Аллагьасда лъикIаб гьаризе, гIакъуба гьабиялъул цIалидал, гьелдаса цIуни гьаризе;

– гьоркьо-гьоркьоса аятал цIаличIого, суралъул байбихьудаса цIализе;

– гьакIкIади гIемер бачIунеб бугони, цIали лъугIизе тезе;

– цIалун лъугIидал данде чIвазе;

– гьелда тIад цоги тIахьал лъечIого тезе;

– Къуръаналде валагьичIого гIемер къоял гьоркьор риччачIого тезе;

– аскIор чIун цогидаз цIалулеб бугони, гьезие квалквал гьабуларедухъ цIализе;

– чорокаб бакIалда цIалунгутIизе;

– цогиясухъе кьолелъул адабалда, берцинго кьезе;

– Къуръаналдаса щиб бугониги хъвараб жо чорокаб бакIалде босичIого тезе. 

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе хирияб каламалъул адаб цIунизе ва гIемер цIализе.

 

АхIмад Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...