Аслияб гьумералде

Дир бечелъи

Дир бечелъи

Дир кIудияб бечелъи,

Сахал дир гьудулзаби.

Гьелгун араб гIумруги,

ГIаданлъиялъул нухги.

 

Гьабун тараб лъикIлъиги,

Гьелъул ккараб хIасилги.

Вацал-яцалгун цадахъ,

Щвараб дие рохелги.

 

Щибго нечезе ккечIеб,

ГIумру гIуцIизе кIвейги.

ГIадамазда гьоркьовги,

Адабалда хьвадиги.

 

ГIел бащадалгун цадахъ,

ГIаданлъи, яхI цIуниги.

ЦIакъав чилъун вихьизе,

Ххвелал гьаричIолъиги.

 

Бергьаразда гьоркьовги,

БацI гIадин вахъун чIейги.

Ккаралъуб зарги борхун,

ЗагIипасул рахъ кквейги.

 

Инсанасул нафс какун,

РагIи абизе ккечIо.

РитIухълъи ккун хьвадизе,

Аллагьас квер бакъана.

 

 

Низамудин Гъазиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...