Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналъул хIикмат

 

 

 

БАЯН

Къуръан щибго щаклъи гьечIого Аллагьасдасан буго. Щайин абуни, бокьараб тIехь босани, гъалатI батичIого букIунаро. Къуръаналъул гIуцIиялъухъ халгьабидал, бищунго пасихIаб къагIидаялъ батула, жинцаги инсан хIайранлъизавулеб куцалда. Аллагьас ﷻ абуна гьеб Жиндаса букIинчIебани гIемераб дандеккунгутIи батилаанин нужедайилан абун.

 

 

 

Къуръаналъ баян гьабуна мацIалъул пасихIлъи. Щайгурелъул доб заман букIана мацIалъул пасихIлъи тIибитIараб, хасго гIарабазул улкабазда.

БетIергьанас Къуръаналдалъун гьезда кIалги гьикъана бищун гьитIинаб сурагIаги, кIолеб батани, нужецаги гIуцIейилан абун. Сура гьитIин бихьаниги гьелъ жаниб бачуна чанго мацIалъул пасихIлъи, гьелъул берцинаб къагIидаялъул гIуцIи. Жакъа къоялъги Къуръаналда релълъараб жо лъихъаниги гьабун бажаричIо. Къуръан лъиданиги хисизабизе кIвечIо, цере ругел аварагзабазухъе рещтIарал тIахьал хисизарурал гIадин. Гьеб ккола Къуръаналъул мугIжизат, жиб цIалиялдалъун БетIергьанас кири хъвалеб.

Къуръан БетIергьанас цо нухалъ рещтIинчIо, дагь-дагьккун, 23 соналъ рещтIана. Гьелъие чанго хIикматги буго.

Къуръан дагь-дагьккун рещтIана аварагасул ﷺ ракI къуватлъизе ва ракIалда чIезелъун, лъикIаб куцалда хIукмаби лъазелъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна, дуе рехселин аварагзабазул къисаби, дур ракI щулалъизе букIине.

Къуръан дагь-дагьккун рещтIиналъе гIилла букIана гьеб заманалда гIадамал мекъаб гIакъидаялъулъ, ай хъанчазе лагълъи гьабун, квешал гIадатазулъ тIерхьун рукIиналъ. Къуръан цадахъго рещтIун букIарабани, лъазабизе ва бичIчIизе захIмалъизе букIана. БетIергьанасда ﷻ лъикI лъаларищха гьезул ахIвал-хIал. Кинабго цадахъ рещтIун букIарабани, гьезул квешал гIадаталги мекъаб гIакъидаги битIизабизе цо гIемераб хIасилго гьабизе букIинчIо. Гьединлъидал БетIергьанас Къуръан рещтIинабуна 23 соналъ, квешаб гIадатги мекъаб гIакъидаги дагь-дагьккун битIун ккезабизе. Нилъеда лъалагури квешаб цо гIадат тезе кигIан захIмалъулебали. Гьелъие заман къваригIуна. Балагьеха, БетIергьанас ﷻ кин гьеб гIуцIун бугебали.

Доб заманалда гIарабазул улкаялда цIакъ квешал гIадатал рукIана, гьарурал ясал чIагого ракьулъ рукъулаан. Къуръан рещтIана гьезие муршидлъун ва дагь-дагьккун гьеб квешаб гIадат тезабуна. Гьединго щай хал гьабулареб, дунялалдаго тIибитIун букIана инсан лагълъиялда кквей. Исламалъ гьелъиеги къагIида ургъана, гьел ричун росун риччазе. Амма авалалдаго исламалъ гьеб гьукъун букIарабани, щибго хIасил ккезе букIинчIо. Исламалъ гьеб хIукму загьир гьабидал, гIемерал чагIи лагълъиялдаса рорчIана. Балагье, Абубакар-асхIабас чан лагъ вичунги восун эркен гьавуравали. Гьедин, дагь-дагьккун лъугIизабуна лагълъи.

Къуръаналъ цереккун рачIине ругел цо-цо суалазе жавабалги кьуна. Масала, рухIалъул хIакъалъулъ.

Къуръан цIалулеб къагIида ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малъана аварагасда ﷺ, гьес ﷺ гIадамаздаги малъизе букIине.  Амма гьеб цадахъго рещтIун букIарабани, аварагасда ﷺ хIалкIвелароан гьеб асхIабзабазда ва гьезда хадур рачIунезда малъизе. Гьединлъидал гьеб дагь-дагьккун рещтIана.

Къуръаналъул амру тIадегIанаб букIин ТIадегIанав Алалагьас ﷻ малаикзабазда лъазабуна ва аварагасул ﷺ хиралъиги баян гьабуна. Аллагьас ﷻ малаикзабазда лъазабуна Къуръан ахирисеб тIехь бугин ва жибги ахирисев аварагасде ﷺ рещтIараб.

Хирияб Къуръан дагь-дагьккун рещтIиналъе гIилла ккана капурзабаз аварагасул ﷺ хIалбихьиялъе захIматал суалал кьолел рукIиналъ, гьев хIайранлъизавизе. Масала, къиямасеб къоялъул хIакъалъулъ. Цинги БетIергьанас ﷻ гьезие жаваб гьабун, гьел жалго хIайран гьарулеб Къуръаналъул аят рещтIинабулаан.

Нилъеда тIадаб буго Къуръан цIунизе ва хIурмат гьабизе. Гьеб цIаларалъухъ кириги щола.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...